Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал
Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.
Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва цIакъго битIарабги гуреб. Гьес гьеб ххалелъул, килщаздаса хIур гIадин, бигьаго ххан бачIунаан. Къокъго абуни, расал рукIана гьоркьохъеб хIалалъул.
Аварагас ﷺ рас гIемер ххалаан. Гьев киданиги ватIалъичIо жиндирго сивакалдаса ва рачлидаса. Рас ххалеб мехалъ матIуялъувеги балагьун ххалаан. Ургъел ккедал, кверал хъвалаан магжида. Амма, нагагьлъун пашманлъи тIаде бачIани, гьебги квералъ ккун, гьелде балагьулаан. Какичурулеб мехалъ Аварагас ﷺ килщаз мегеж бикьизабулеб букIана гьенибеги лъим щвезе букIине.
Аварагас ﷺ гIемер нах бахунаан расуда, мегеж ххалаан, нах бетIералда бахунеб мехалъ (жиндирго чалмаялда гъоркь) ххам лъолаан. Гьеб гьабулаан ретIел чорок гьабичIого букIине.
«Расалда гIемер нах бахунаан» абурал рагIабазул магIна ккола, гьес ﷺ гьеб зама-заманалдасан гьабулеб букIанин абураб. ГIемерал хIадисазда Аварагас ﷺ ахIулел руго щибаб къойил гуреб, гьоркьо-гьоркьоб нах бахине. Гьелъул кIудияб пайда буго.
«ГIемер мегеж ххалеб букIана» абурал рагIабазул магIна ккола, гьес ﷺ гьеб хIажат ккедал гьабулеб букIанин абураб.
Аварагасул ﷺ ботIродаги магжидаги дагьал гурони хъахIал расал рукIинчIо. Абула 17-гIанасеб рас букIанилан. Цогидаб риваяталда буго къогогIанасеб букIанинги. Амма гьел хIадисазул магIна цо буго, ай хъахIаб рас дагьаб букIанин абураб.
Абубакар ас-Сидикъица абуна: «Я Аллагьасул Расул, дур рас хъахIлъунищ бугеб?» - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Дун хъахI гьавураб жо буго Къуръаналъул «Гьуд», «ВакъигIат», «Ал-Мурсалат», «ГIамма Ятасаалун» ва «Шамс» абурал сураби», - ян. Гьел сурабаз Аварагасул ﷺ расал хъахIлъизаруна, щайгурелъул, гьезда жаниб баян гьабулеб букIиналъ Къиямасеб къоялъул ахIвал-хIал ва гьесул умматалъе гьеб къоялъ захIмалъи ккезе бегьиялъул ургъел ккей.
Амма Авараг ﷺ цIакъго хъахIлъичIо Аллагьасул ﷺ магIрифат жинда жаниб букIиналъ. Авараг ﷺ вукIана ТIадегIанав Аллагь ﷻ бищун лъикI лъалевлъун. Гьелъ Аварагас ﷺ абулаан жив бищун хIинкъарав вугин Аллагьасдаса ﷻ. Гьединго Аварагас ﷺ абулаан жинда лъалеб жо нужеда лъалеб букIарабани нуж дагьал релъанхъилаанин, гIемер гIодилаанин абун. Авараг ﷺ цIакъ гурхIулаан умматалда. Къиямасеб къоялъги гьелъул ургъел гьабула гьес.
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго: «Дица мун кинабго гIаламалъе рахIматлъун витIана» - ян, ай гIицIго гIадамазе рахIматлъун витIун танилан абичIо, тIолабго гIаламалъеян абуна.
Аварагас ﷺ халкъалда малъана тIолалго рухIчIаголъабазда гурхIизе кколеблъи, гьезие гIакъуба-гIазаб кьезе бегьулареблъи.
Гьев жиназухъеги расуллъун витIана, Аллагьас ﷻ гьелги гьесул ﷺ баракаталдалъун битIараб нухде тIоритIана. Гьесул баракаталдалъун капурзаби цадахъго тIагIинарулел балагьал халкъалде тIамичIо. МахIшаралда тIолго халкъалъул къварилъи борхиги гьесул ﷺ шапагIаталдалъун букIине буго. Гьесул ﷺ шапагIаталдалъун жужахIалда цо-цо капурзабазе гIазабги бигьа гьабизе буго.
Аварагзабазул, малаикзабазул даража-тIокIлъиги, Алжаналъул нигIматал цIикIкIинги гьесул ﷺ баракаталдалъун букIуна. Къокъго абуни, хирияб Къуръаналъ ишара гьабухъе, МухIаммад Авараг ﷺ ккола дунял-ахираталда тIолго гIадамазеги, жиназеги, малаикзабазеги, рухI гьечIел жалазеги рахIматлъун витIарав.
ТIоцебе вахIю Аварагасухъе ﷺ рещтIана ХIира нохъода. Гьедин рещтIана 23 соналъ хирияб Къуръан. Аварагасухъе ﷺ вахIю бачIараб мехалъ, гьесул надалда гIетI балаан квачараб заманалдагицин.
Аварагасдасан ﷺ кидаго букIунаан берцинаб махI. ХIатта гьесул гIетIалдаса букIунаан берцинаб махI. КӀудияв имам ва хӀадисазул гӀалимчи ИсхӀакъ бин Рагьавейгьица абуна: «Гьесул квералдаса лъикӀаб махӀ букIунаан, кинабгӀаги миск хӀалтӀизабичӀониги», - ян.
МухIаммад авараг ﷺ вуго жиндилъ киналниги лъикIал тIабигIатал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ данде гьарурав чи. Гьелъие нугIлъи гьабун Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна: «Мун гьечIищ (МухIаммад) тIадегIанав тIабигIаталъул», - ян.
Гьев ﷺ вукIана кутакалда хIалимав чи, гьелдаго цадахъ Аллагьасул ﷻ диналъе гIоло разилъунгутIиги букIунаан. Амма жиндиего, напсалъе гIоло ццим бахъуневлъун вукIинчIо.
Гьев вукӀана гIадамазда гьоркьоса бищунго сабруяв ва къисас босизе рес щвараб мехалъги тӀаса лъугьаян абун гIадамазде ахIи балевлъун.
Къади ГIияз абурав гIалимчияс «Аш-Шифа» абураб тӀехьалда хъван буго: «Нилъеца рехсарал хӀадисаздасан нилъее гIей гьабула: гьесул сабру букIин къурайшияз гьарурал захӀмалъабазда ва заралалда цебе жагьиллъиялъул гӀасруялъ, захIмалъабазда цебе кьвакIун чIейги, Аллагьас ﷻ гьесие бергьенлъи кьезегIан, ай Макка рагъ гьечIого бахъи ва гьезда тӀад хӀакимлъун тезегIан. Амма Маккаялъул агьлу божун рукIана Аварагас ﷺ гьезие зарал гьабилин абун. Аварагас ﷺ гьел тIаса лъугьун тана ва щибниги зарал гьабичIо. Аварагас ﷺ гьезда гьикъула: «Нужеда кин ракIалде кколеб, дица нужее щиб гьабизе бугеб?» - ян. Гьез абула: «ЛъикIлъи, мун вуго лъикIав вац ва лъикIав имгIаласул васги», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Нуж ритIарал руго», - ян.
ГӀабдуллагь ибн ХӀарисица бицана: «Авараг ﷺ велъулеб мехалъ, гьев гӀицӀго гьимулаан», - ян. Авараг ﷺ гьимун гурони кӀалъалароан.
Аварагасдаса ﷺ мисалги босун, гьесул ﷺ адаб-хӀурматги гьабун, гьесда ﷺ аскӀор рукӀарал асхӀабзабаз рохел загьир гьабулаан гӀицӀго гӀодобе биччараб гьимиялдалъун, ахӀи-хӀур бахъинабиялдаса рикӀкӀадги чӀун. Аварагасда ﷺ аскӀор гьел, адаб-хӀурматалда, рагъаричIого гӀодор чӀолаан, ботӀрода хӀанчӀи чӀун рукӀунел гӀадин.