Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)

 

Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех гьабун ХасмухIаммад-хIажиясухъе щведал, гьес бицана:

 

«Гьев лъица витIун тIоцеве дихъе вачIаравали ракIалда гьечIо, амма Дагъистаналде вачIанщинахъе дихъ рещтIунаан. Дун гьесие цIакъ хирияв вукIана ва гьев диеги хириявлъун лъугьана. Кутакалда ритIухълъи бокьулев, гьеб жинцаго хIалтIизабулев, къвакIараб хасияталъул чи вукIана гьев. Гьес жинцаго гIарзаги хъван жанив лъезавун вукIана жиндирго вас цо тIекъаб иш гьес гьабидал.

Цо нухалъ дун Шотодаса ГIабдуллагь-хIажиги вачун ун вукIана ЛъаратIе. Гьеб заманалда гьуърул унтун рукIиналъ, накIкIирохь лъикI букIунин абураб жоялъ, ниж рещтIана Жаруллагь абурав найихъанасул бакIалда. ХIурматай абун цIар бугей цIакъ хIурмат бугей хъизанги йикIана Жаруллагьил. Гьеб мехалъ гьениве зияраталъе вачIана ГIабдулгъанийи. Лъабго къо бана гьев мубаракас Жаруллагьихъ. ГIемераб жо лъана Жаруллагьида наязда хурхараб гьев мубаракасдасан. ГьоцIо бахъизе Жаруллагьие кумекги гьабун тIадвуссун ана ГIабдулгъанийи.

Гьелдаса хадуб дир азбаралда гIодорчIун рукIаго, дида къвалги бан къварилъахъдизе лъугьана гьев. Дида ракIалде ккана цониги чIахIиял чагIазул чи хванин абураб хабардай гьасда рагIарабин абун. Гьес абуна: «Нижеда рагIана кин дуца васал-ясазе ригьин гьабурабали ва гьелъул бицунеб буго ЦIоралда», - йилан. Дица абуна: «ЩибгIагиха гьениб бицунеб бугеб?» - абун. «Дуца исламалда рекъон, щибго хIарамлъи гьечIого ригьнал гьарун ругин бицунеб буго», - ян абуна гьес. Гьелдаса вохиялъ букIун буго гьесул къварилъахъдиги. Дица цIехана: «Нужер доба кинха букIунеб?» - абун. «Нижер гьедин букIунаро ва гьедин гьабизе руччабазги толаро», - ян жаваб гьабуна гьес.

Абумуслимил МухIаммадица бицана, Дагъистаналдаса тIадвуссун рокъове щведал, гьениб батанила кагъат, пуланав чияс хъвараб. Гьелдаги хъван букIанила, мун тIарикъат малъизе гьелъие мустахIикъав чи гурин, гьеб иш тейилан абураб магIнаялда. Нахъияб къоялъго тIадвуссун вуго Дагъистаналде. СагIид-афандиясухъеги вачIун, бицун буго кагътил хIакъикъат. Гьев мубаракас витIун вуго Бакълъухъа кIудиясухъе. Гьес абун буго, дуцаго гьабулеб иш гьабейин, тIаде Накъщубандиялъул салат-истигъфар малъизе ихтиярги бугин абун. Накъщубанд тIарикъат гьес малъарав чи дида лъалароян бицана МухIаммадица. Гьелдаса хадуб гьев унтун гIемер заман иналдего накълулъана.

Гьединго ЦIоралдаги рукIана гьесде инкар ккурал гIадамал. ГIадатияв чи гIадин вугев гьесул даража-макъан бичIчIуларого.

Кин бугониги, гьесул гIемер муридзаби рукIана Грузиялда гIумру гьабурал чачанал. ГIадатияв, тIокIлъи бихьизабизе бокьуларев чи вукIанин бицана нижее ЦIоралда бугеб БелетI росулъ гIумру гьабун вугев МаламухIаммад-афандияс. МаламухIаммад-афанди гьесул бакIалда чанго къоялъ вукIунги вуго.

Инсул ватIаналде рокьи бугин бицунаанин гьесилан бицана Абумуслимил МухIаммадица. Цо къоялъ гьесда абула инсул росу бихьизе бокьун бугищин ва гьес жаваб гьабула кутакалда бокьун бугин абун.

Гьес дунял тана 1996 соналда, вукъун вуго Закаталаялда аскIоб бугеб Чар росулъ. ЦIоралде зияратазде гьабураб сапаралъул ахиралда СагIид-афандияс муридзабигун зиярат гьабун буго ГIабдулгъанийил-афандиясде. ТIонсдерил жамагIаталъ гьесул цIаралда мажгит Нечаевкаялда бана. Гьеб рагьулеб заманалда гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтиясул заместительлъун вукIарав АхIмад Кахаевас ва гIалим ГIабдула Караевас.

Гьесул цIар мажгиталъе кьеялъул суал борхидал, муфти АхIмад-афандияс абуна, халкъалда жанив гьев машгьураб Шазалияв устар абун хъван теян.

Аллагьас Жиндир вализабазул баракаталдаса цо лахIзаталъги нилъ махIрум гьаругеги, гьезул даража Аллагьас тIадегIан гьабеги, адабалда, гьез малъаб гьабизе нилъее тавпикъги кьеги.

 

МухIаммад Агълабов, Ленинкенталъул аслияб мажгиталъул будун

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...