Аслияб гьумералде

ЦIар кинаб лъелеб?

ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда къватIибе бачIун хадубги цIар лъезе бегьула. Анкь араб мехалъ лъуниги бегьула.

 

ЦIар лъей гIакъикъат хъвеялда цебе ккезабизе рекъараб буго. ЦIар лъеялъул ихтияр инсухъ, цинги гьесул инсухъ, цинги эбелалъухъ буго. ГIакъикъат хъвезе ракIалда батичIони, гьабураб къоялъго лъимералда цIар лъезе бегьула, амма анкьабилел къояз лъезе хирияб буго. ЦIарал берцинал лъезеги суннатаб буго. Бищун Аллагьасе рокьулел цIарал ккола ГIабдуллагь, цинги ГIабдурахIман. Гьезда хадур хириял цIарал ккола, цебе «ГIабдуги» рехсон, хадуб Аллагьасул ﷻ сипатал ругел цIарал. Масала, ГIабдурахIим, ГIабдулхIаким, ГIабдулгъафар, ГIабдулкъагьар ва гь. ц. Гьел цIарал хиралъиялъе гIилла щибин абуни, гьезулъ руго Аллагьасул ﷻ цIаралги, Гьесул сипаталги, гьединго буго лагъасул бищун мустахIикъаб цIар, ай жив лагълъун вукIин. Масала, ГIабдурахIман абураб цIаралъул магIна ккола гурхIулев Аллагьасул лагъ абураб. Гьединлъидал «ГIабдуги» цебеса бахъун, масала, ГIабдулхIаким бугеб бакIалда ХIаким абун, ГIабдулвагьаб бугеб бакIалда Вагьаб абун цIар абизе бегьуларо.

Малаикзабазул ва аварагзабазул цIарал лъезе бегьула. ХIатта «МухIаммад» абураб цIар лъеялъул хасал хиралъабицин рачIана хIадисазда.

Лъабго вас гьавун хадуб цонигиясда МухIаммад абун цIар лъечIони, гьес лъавукъаб жо гьабуниланги хIадис буго. МухIаммадин цIар бугеб хъизамалъе лъикIаб ризкъи кьолиланги буго. Амма гьеб хирияб цIар лъураб гIадин цIунизеги ккола. Эбел-инсуцаги цIар лъураб къоялдаса МухIаммад абун ругьун гьабизе ккола, гIадамазда гьоркьоб машгьурги гьабизе ккола гьеб цIар. Магаян, МухIумаян, МахIамадан, МахIамаян абун, гьеб хирияб цIар хисизабизе бегьуларо. Хисизабуни, гьелъул баракатги щоларо. Лъимал балугълъараб мехалъ, гьеб цIар лъурал лъималаз жидецагоги гьукъизе ккола хисизабун гьеб цIар жидеда абизе. АхIмад абураб цIарги буго хирияб. ХIарис, Гьумам – гьалги реццарал цIарал руго. Шигьаб, ХIарб, Муррат гIадал цIарал лъезе карагьатаб буго. Баракат, АфлахI, РаббахI, НафигI, Мубарак гIадал цIарал лъезеги карагьатаб буго, щайин абуни, цояс хьандолаго абизе рес буго, мун баракат бугев, мунпагIат бугев гурин, баракатги мунпагIатги гьечIев вугилан. Маликул мулук (ханзабазул хан) абураб цIар лъезеги хIарамаб буго, гьеб Аллагьасул цIар ккола. ГIабдунабиййи (Аварагасул лагъ), ГIабдулкагIбати, ГIабдуддар (рукъалъул лагъ) гIадал цIарал лъезеги хIарамаб буго. Цо-цояз карагьатаб бугиланги абулеб буго. Жаруллагь, Рафикъуллагь (Аллагьасул мадугьал, Аллагьасул гьалмагъ) гIадал цIарал лъезеги хIарамаб буго. Шагьан-шагь абураб цIар лъезеги хIарамлъула, гьелъулги ханзабазулги хан абураб магIна кколелъул. ГIабдуннабиян цIар лъезе хIарамаб бугилан абулеб буго ибну ХIажарица, Рамалияс абуни, хIарамаб гьечIин абуна.

КъабихIаб, сурукъаб цIар бугони, берцинаб цIаралдалъун гьебги хисизе ккола. ХIадисазда буго, Къиямасеб къоялъ нуж нужерго цIараздалъун ахIизе руго, гьединлъидал цIарал берцинал лъеян.

Цо-цо бусурбабаз фильмаздасаги росун, капурал артистазул цIарал лъолел руго лъималазда. Гьебги бусурбабазда цIакъ рекъечIеб пиша буго. Дагьалищ ругел хириял гIадамазул берци-берцинал цIарал: МухIаммад, АхIмад, ГIиса, Ибрагьим, Муса. Гьединго хириял руччабазулги: Хадижат, ГIаишат, ФатIимат, Марьям, Асият ва цогидалги. ЦIар лъолеб мехалъ, хириял гIадамалги кIодо гьарун, гьезул цIар лъолеб бугилан ниятги гьабун, лъезе ккола, гьел хириял чагIазул дунялалда баракатги ахираталда шапагIатги щвезе. Капурал, чорокал артистазул цIар лъурал эбел-эмен лъималаздаса рохуларо, ахираталдаги гьел артистазул баракат гьечIолъи гурони бихьуларо. Гьединлъидал гьединал цIарал лъурал лъималаз балугълъун хадубгIаги жидецаго хисизе ккола. ЦIар хисизе яги лъезе ккани, хасал жал гьаризеги кколаро, жакъаялдаса нахъе гьасда цIар пуланаб бугин абуниги гIола. Лъималаз эбел-инсулги, цIалдохъанас мугIалимасулги, муридас устарасулги цIар ахIичIого тезеги суннатаб буго. Хириял гIадамазул, бихьиназул букIа, руччабазул букIа, кунят абун тезеги суннатаб буго. Кунят абула бихьинчиясе «абу» яги чIужугIаданалъе «умму» абураб жо цебе ккезабун гьезул лъималазул цIар аби. Масала, МухIаммад абурав чиясул ГIали абун вас вугони, АбугIалиян гьесда аби. Бищун кIудияб лъимералда гьеб хурхинабизеги суннатаб буго. МухIаммад аварагасул бищун кIудияв вас Къасим абун вукIана. Гьединлъидал нилъер хирияв Аварагасда абулаан Абулкъасим МухIаммад абун. Амма гьединаб кунят, ай Абулкъасим абураб, МухIаммад цIар бугев чиясда лъезе хIарамаб буго. Хирияв чи вугони, гьесул лъималги ратичIони, гьеб мехалъги кунят лъезе хирияб буго. Хирияв Аварагас ﷻ ГIаишатидаги гьелъул яцалъул вас ГIабдуллагьидалъун кунят лъуна, ай УммугIабдуллагь абун. Аллагь разилъаги Хириясул кинабго агьлу-асхIабзабаздаса. ГIайиб гъорлъ бугел тIокIцIарал лъезеги какараб буго. Амма цо чи халкъалда гьединаб тIокIцIаралдалъун машгьурлъун ватани, гьесие гьеб захIмалъулебги батичIони, гьеб мехалъ гьесул тIокIцIар абизе бегьула. Масала, Рекъав ХIажи, Беццав ГIумар абун. ЗахIмалъулеб бугони, бокьулеб гьечIони, абизе хIарамлъула.

Лъимер гьабураб къоялъ, кваранаб гIинзунибе как ахIизеги квегIаб гIинзунибе къамат гьабизеги суннатлъула. Бихьиназе гIадин, руччабазеги бегьула гьабураб лъимералъул гIинзунибе как ахIизе. Капурчиясул лъимералъул гIинзунибеги суннатлъула как ахIизеги къамат гьабизеги. Гьаб заманалда лъимал гьарулеб больницаялде къватIиса гIадамал риччаларелъул, кигIан лъикI букIинаан цо-цо акушеркаби как ахIизеги къамат гьабизеги ругьунлъулелани. Лъимер гьабурай жийго эбелалъги бегьула лъимералъул гIинзунибе как ахIизеги къамат гьабизеги. Гьелъ гъоб лъимер исламалда хутIизеги хIакъаб нухалде тIобитIизеги кумек гьабула. Гьелъ «уммуссибян» абулел жиназдаса цIунула лъимал. Гьединго лъимералъул кваранаб гIинзунибе «Къулгьу» цIализеги суннатлъула (какилъ гьечIей гIаданалъ яги черх хъубав чияс «Къулгьу» цIализе бегьуларо).

Гьединго лъимералъул кваранаб гIинзунибе гьаб аят цIализеги суннатаб буго (магIна): «Дица гьайги (Марям) гьалъул зурриятги Дудалъун цIуни тIалаб гьабула, я Аллагь, рахIматалдаса бачахъараб шайтIаналдаса».

Гьаб ккола Марямие, гьей гьаюраб мехалъ, гьелъул эбелалъ (Къуръаналда биценги бугеб), шайтIаналдаса гьейги гьелъул наслуги цIунеян гьарараб дугIа. Нилъецаги гьабураб лъимералъул гIинзунибе цIализе хирияб дугIа буго гьаб.

Гьединго гьабураб лъимералъул гIинзунибе «Инна анзална» цIализе суннатаб буго. Гьеб гIинзунибе цIалараб лъимер зинаялдаса цIунараблъун лъугьуниланги буго («ФатхIул гIалам», т. 2, гьум. 127).

Гьабураб лъимералъул кIалдиб чамасдак лъулъазеги суннатаб буго. Бакъвараб чамасдак батичIони, гIатIгояб, гьебги батичIони, щиб бугониги, цIа жинда хъвачIеб, гьуинаб жо лъулъала. Гьеб лъулъалев чиги лъикIал гIадамаздаса вукIине рекъараб буго, гьесул хIацIуялъул баракат лъимералъе щвезе.

Гьабураб лъимер эбел-инсуда, кIудиял яц-вацазда баркизеги суннатаб буго. Баркулес абила: «Аллагьас ﷻ баракат лъеги дуе кьураб лъимералда, дуца Аллагьасе щукруги гьабе, гьебги кIудияб гIейги, гьесул лъикIлъиги дуе щваги», - абун. Жинда баркулесги абила: «Аллагьас дуе лъикIаб жаза гьабеги», - ян.

 

Хайрула Абакаров

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...