Аслияб гьумералде

БацIцIадаб насаб

БацIцIадаб насаб

БацIцIадаб насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.

Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб

Инсул рахъалдасан гьесул ﷺ умумул ккола: ГIабдуллагь, ГIабдулмутIалиб, Гьашим, ГIабдуманаф, Къусаю, Килаб, Муррат, КагIбу, Луайу, Гъалиб, Фигьру, Малик, Назар, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Ильяс, Музар, Низар, МагIад, ГIаднан.

ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер. АнцIго вас жиндие кьуни, гьезул цояв къурбан гьавилин абун Аллагьасе ﷻ къотIи гьабун букIана гьес. Заман индал гьабураб къотIи кIочана гьесда. Цо къоялъ КагIбаялда аскIов кьижун ккарав гьесда макьилъ чанго нухалъ ракIалде щвезабуна гьабун букIараб къотIи. Гьебги ракIалде щун гьес васазда гьоркьоб можоро рехана. Гьесие бищун вокьулев ГIабдуллагь къуна можороялъ. Къурайшияца гIилла бачун абуна ГIабдуллагьил бакIалда варани къурбаналъе хъвейин абун. 10 вараниялда ва васасда гьоркьоб можоро рехидал, можороги васасе бачIиндал, вараниязул къадар жеги анцIгоялъ цIикIкIинабун рехана. Гьедин, можороялъ вас вихьизавуна вараниязул къадар нусилъе бахинегIан. Цинги ГIабдулмутIалибица 100 варани хъуна.

ГIабдуллагь хвана Мадинаялда, гIумрудул 25 сон тIубайдал.

ГIабдулмутIалиб. ГIабдуллагьил эмен вукIана КагIба-рукъалъул тIалаб-агъаз гьабулев чи. Мехтелги гьес гьекъолароан. Рамазан моцIалъ мискин-пакъирал кваназарулаан. Лъималазда гIемер абулаан пасалъиялде аскIоре къагеян ва зулмучияс гьаб дунял толарин гьесда тIадги зулму гьабун гурониян. Аллагьас ﷻ гьесул дугIаялъе жаваб гьабун КагIба-рукъ биххизабизе вачIарав Абрагьатида гъури бана. ГIабдулмутIалиб хвана 140 сон байдал, Макка шагьаралда.

Гьашим. Гьев вукIана берцинаб сипаталъул, къуватаб черхалъул инсан. Кутакалда сахаватав чиги вукIана гьев. Гьесул гьурмада берцинаб нурги букIунаан. 25 сон байдал хвана гьев.

ГIабдулманаф. Къурайшияз гьев рикIкIунаан цевехъанлъун ва гьесухъ киналго гIенеккулаан. Берцинав чи вукIиналъ гьесда абулаан Бадр (цIураб моцI) абун. Гьесул цогидаб гIаркьелалъул наслабаздасан ккола ГIусман-асхIаб ва имам ШафигI.

Къусаю. Рикь-рикьун ругел къурайшазул тухумал гьес данде гьаруна. Гьес абулаан: «НахъегIанав чиясул хIурмат гьабулев, гьесда цадахъ вукIунев ва гьес гьабулеб квешлъиялда тIад рекъолев чи гьалаглъиялде вачуна. РитIухълъиялда рекъоларев чияс гIодобегIанлъи хIехьола. ТIадегIанаб макъам тIалаб гьабулев, гьелдаса махIрум гьавизе рекъарав вуго. ЖахIда - балъгояб тушман буго», - ян.

Килаб. Гьев ккола Къусайил ва аварагасул ﷺ эбел Аминатил кIудада Зугьратил эмен. Килаб вукIана лебалав чанахъан. Тушбабигун гьев бахIарчиго вагъулаан. МухIаммад аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул насаб гьесда цолъула.

Муррат. ГIараб мацIалдаса буссинабуни гьеб цIаралъул магIна ккола кьогIаб абураб. Тушбабазда гьесда тIад кверщел гьабизе кIунгутIиялъ кьуна гьесие «кьогIав» абураб цIар. Гьев цониги рагъда къечIо.

КагIб. Цогияздаса кIодо гьавизелъун кьуна гьесие гьеб цIар. Жиндирго къавм битIараб нухде тIобитIулаан. МухIаммад авараг ﷺ загьирлъизе вукIинги, гьесда нахърилълъине кколеблъиги бицунаан. Гьеб кинабго гьесда лъалаан цересел тIахьаздасан. Авараг ﷺ загьирлъиялдаги гьесдаги гьоркьоб букIана 560 сон.

Луаййу. Кидаго гIодове виччан вукIиналъ лъуна гьесда гьеб цIар.

Гъалиб. Бергьунев. Кидаго тушбабаздаса бергьунаан гьев.

Фигьр. Гьев вукIана борхатаб лагаялъул ва щулияб сахлъиялъул инсан. Гьединго гьесда абулаан Къурайшиянги, мискин-пакъирал ралагьун, гьезие кумек гьабулеб букIиналъ. Къурайшиялин абураб аварагасул тухумалъул цIар гьесдасан лъугьаниланги буго.

Малик. Цебехъанлъи гьабизе махщел бугев. ГIарабазул цевехъанлъунги вукIана. ГIадамаз адаб-хIурмат гьабулаан гьесул.

Назар. Гьев вукIана берцинаб сипаталъул чи. Цо-цо гIалимзабаз абула гьесда Къурайшин абунги, къурайшияб тухум гьесдасан лъугьанинги буго.

Кинанат. Гьев вукIана гIелму бугев инсан. Балъголъаби цIунулаан. ГIадамазе цIакъ вокьулаан. Авараг ﷺ загьирлъизе вукIиналъул гьесги бицунаан. Васият гьабун гьес абуна, МухIаммад аварагасда ﷺ нахърилълъани ва гьесие мутIигIлъани гьел жеги цIикIкIун кIодо гьаризе ва рокьизе ругин. Цадахъ чи гьечIого живго цохIо кваназеги кIолароан гьесда.

Хузаймат. МаслигIаталъе вачунев. Ибрагьим аварагасул диналда хвана гьев.

Мудрикат. Гьесда цIар букIана ГIумар. Мудрикат абун цIар щвеялъе гIилла - умумуздаса кинабго лъикIабщинаб мисаллъун боси. Гьесухъ балагьидал, МухIаммад аварагасул ﷺ нур бихьулаан.

Иляс. Гьесда цIар ХIабиб букIана. Иляс гьабун цIар тана, аварагго гIадин, эбел-эмен ригьалде рахун, лъимал кьоларин ккараб заманалда Аллагьас ﷻ гьезие лъимер кьей. Гьесда лъачIого Маккаялда цониги суал тIубалароан. Абула гьесда жанисан аварагасул ﷺ цIар рехсолеб рагIулаанин.

Музар. Гьеб цIар кьуна кутакалда цIекIаб бетарахь гьесие бокьулеб букIиналъ. Гьесул букIана берцинаб гьаракь. Цебехун букIине бугелда хадув гъурав, цIодорав чи вукIана. Гьес абулаан: «Нужеего бокьулареб жо гьабизе тIаме нужго», - ян.

Низар. Гьев гьавидал инсуда халлъана гьесул кIиябго бералда гьоркьоб МухIаммад аварагасул ﷺ нур. Вохиялъ гьес хIайванги хъун, гьелъул гьан бикьана. Инсуца абулаан: «Дица гьабулеб цIакъго дагьаб жо буго гьав васасде дандеккун», - илан. Низар вукIана гIараб мацIалъул хъвай-хъвагIаялъе байбихьи лъурав чи. Абула, гьесул хоб Мадинаялда аскIоб бугин. МухIаммад аварагасулги ﷺ имам АхIмадилги насаб гьесулъ данделъана.

МагIад. Гьев вукIана лебалав цевехъан. Тушбабазда гъури балаан гьес. Зулмучи Бугьтанасарица гIарабал кверде росун, зулму гьабизе байбихьидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ МагIадихъе гьеб заманалъул авараг витIана хIинкъи гьечIеб бакIалде гьев вачине. «Дур тухумалдаса вахъине вуго ахирисев авараг», - илан абуна гьес МагIадиде. Бугьтанасарил питна лъугIидал, Шамалда вукIарав МагIад Маккаялде нахъвуссана.

ГIаднан. Жундуздаса, квешаб бералдаса ва гIадамаздаса цIунизелъун кьуна гьесие гьеб цIар. Гьесул хIакъалъулъ гIадамаз абулаан: «Гьав вас чIаго тани, гьасул вахъине вуго киналго жинда нахрилълъунев инсан», - илан. Гьединлъидал гьев гIемерав чиясе чIвазе бокьун вукIана. Аллагьас ﷻ гьев цIунана гIадамазул бердаса. Цо-цо гIалимзабаз абула, Муса аварагасул заманалда гIумру гьабулеб букIанин. ГIаднан вукIана Ибрагьимил вас ИсмагIил аварагасул наслуялъул чи.

Аварагасул ﷺ эбелалъул рахъалдасан насаб

Аварагасул ﷺ эбел Аминат йикIана къурайшиязул бищун яцIцIадай, гIакъилай ва хIурмат бугей чIужугIадан. Лъимаде йигей мехалъ гIемерал гIажаибал макьаби рихьулаан гьелда. Гьелъ абулаан дир вас хасав вукIине вугин. Гьей хвана 20 сонил ригьалде яхиндал. Гьей юкъун йиго Маккаялда, аварагасул ﷺ чIужу Хадижат юкъараб МугIала хабзалалъ.

Вагьб. ГIабдулманафил вас. Аминатил кIудада ГIабдулманаф ккола аварагасул ﷺ инсул рахъалъан насабалъул щуабилев эмен Килабил вас Зугьратил вас. Килабидалъун инсул ва эбелалъул рахъалъан бугеб насаб цолъула.

Ибрагьим аварагасдаса байбихьун аварагасул ﷺ насаб бищун бацIцIадаблъун ккола. Ибн ГIаббасидасан бицараб хIадисалда буго: «Адам аварагасдаса байбихьун киналго дир умумул хIалалаб никахIалда рукIана», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер аварагасул ﷺ рацIцIалъи гьеб хIалалда цIунана.

Жабир Мажидов

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


ШайтIаналдаса гIамал

Ццим бахъин ккола инсанасул тIабигIияб рекIел хIал, нилъер диналда жибги муъминчиясе кIудияб хIалбихьилъун рикIкIунеб. Ццим бахъун лъугьараб заманалда жиндаго тIад кверщел гьабизе бажари ккола, хирияв Аварагас ﷺ абураб кинниги, черхалъул загьирияб гуреб, унго-унгояб къуваталъулаб (рухIияб)...


Суратул «Кавсаралъул» тарихазулаб дандеккей

Къуръаналда бищун къокъаб сура ккола суратул «Кавсар». Гьелда жаниб буго анцIго рагӀи. «Кавсар» сураталъул тӀоцебесеб аят 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. КӀиабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Лъабабилеб аятги 10 хӀарпалдасан гӀуцӀун буго. Алиф хӀарп бищун гӀемер...


ХIалалаб бетIербахъи

Щивав бусурбанчиясе хӀажатаб жо ккола хӀалалаб хайир ва хӀалалаб ризкъи тIалаб гьаби. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я, гьал гIадамал! Нужеца гьаб дунялалда ругел нигIматаздасан кванай, гьел нигIматал руго нужее хIалалаллъун, нужер чурхдузе ва гIакълуялъе зарал...


Чакаралъул къадар

Чакаралъул къадар кинаб букIине кколеб?   Бидулъ букIунеб чакаралъ кIудияб бакI ккола инсанасул чорхолъ. Глюкозаялъул даража низамалде бачуна цIекIгьаналъ къватIибе кьолеб инсулиналъ. Чорхолъ гIураб къадаралда инсулин гьечIони яги клеткабаз гьелъие лъикIаб жаваб кьолеб гьечIони, бидулъ...


АсхIабзабазул Аварагасда ﷺ нахърилъин

АсхIабзаби рукIана Аварагасда ﷺ цIикIкIун нахърилъарал чагIи ва гьесдаса мисалги босарал.   Нафвал Хузалияс бицана: «ГӀабдурахӀман ибн ГIавф вукӀана нижер лъикIав гьалмагъ. Цо къоялъ гьес ниж рокъоре ахӀана. Нижеда цебе лъола чед. Цинги гIодизе лъугьуна, хвезегӀан Аллагьасул аварагасги ﷺ гьесул...