Аслияб гьумералде

ХIалимлъи ццин бахъиналдаса цебе ккола

ХIалимлъи ццин бахъиналдаса цебе ккола

ХIалимлъи ццин бахъиналдаса цебе ккола

Авараг ﷺ вукIана гIадамазул бищун хIелму цIикIкIарав, жиндиего зарал цIикIкIанагIан гьесул хIалимлъиги цIикIкIунаан. Гьев чIвазеян къасд гьабурал, гьесие загьру кьезеян хIалтIарал гIадамал тамихI гьабичIого риччан тана.

 

Ягьудиязул гIалим Зайд бин СагIнатица бицана: «Дида МухIаммадил авараглъиялъул киналго гIаламатал рихьун рукIана, кIиго гIаламат хутIун: гьесул хIалимлъи ццин бахъиналдаса цебе ккола, гьесие цIикIкIун зарал гьабурабгIан гьесул хIалимлъи цIикIкIуна», - ян абурал.

Цинги Зайдие бокьун букIана гьеб кIиялъулго хIалбихьизе. Цо къоялъ бадавияс (бедуин) жиндирго къварилъи бицана Аварагасда ﷺ. Аварагасухъ гьесие кьезе гIарац батичIелъул, ягьудияв гIалимчияс гьев мискинчиясе гIарац кьуна, Аварагас ﷺ заманалда тIадбуссинабизе къотIиги гьабун. Зайд, налъи кьолеб заман щвелалде чанго къоялъ цевеги вачIун, Аварагасул ﷺ гIабаги цIан, абуна: «Ле, МухIаммад бецIуларищ дуца дир налъи, АллагьасхIаги, нуж, ГIабдулмутIалибил наслуго налъуе кIарчанал рукIун руго», - абун. Цинги ГIумар-асхIабас абуна: «Я Аллагьасул тушман, дуца гьеб Аллагьасул Расуласдайищ абулеб бугеб?» - илан. Авараг ﷺ хьимана ва ГIумар-асхIабасухъги валагьун абуна: «Я ГIумар, ниж гьеб дуца абулеб жоялдасаги цогидаб жоялде хIажат руго дудаса. Дуца дида абе, берцинго налъи тIадбуссинабеян ва гьесдаги абе жиндир налъи берцинго нахъе тIалаб гьабеян. Я ГIумар, мун а гьевгун цадахъ ва гьесул налъиги тIадбуссинабе, къого сахI чамасдакIилги кье гьесие дуца хIинкъизавуралъухъ», - абун.

Гьелда хадуб Зайдица ислам къабул гьабуна ва бицана жиндие Аварагасул ﷺ хIалбихьизе бокьун букIанин абун.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...