Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цо суннат

Аварагасул ﷺ цо суннат

Аварагасул ﷺ цо суннат

ГIаишатидасан бачIараб хIадисалда буго: «Аллагьасул Расуласе ﷺ цIакъ бокьулаан гьуинал, цIорорал гьекъолел жал гьекъезе», - ян. Гьес цIорораб лъимгун жубараб гьоцIо гьекъана.

 

Жабирица бицана Авараг ﷺ ва гьесул асхIаб Абубакар цо нухалъ ансаразул цоясухъе анин, абула гьев чи Абул Хайсам Ансари вукIанинги. Гьесда гьикъула къаси мехалъ букIараб лъим гьечIищилан гьекъезе. Гьев чияс абула: «Инкар гьечIо, цIарагIалда жаниб лъим буго», - ян. Гьел цадахъ ахикье лъугьана. Гьес лъим кьола гьекъезе ва чахъуги бечIчIун жеги рахьги кьола. Аварагас гьеб гьекъана (жиндирго асхIаб Абубакарицаги гьекъана).

Аварагас ﷺ сивак хIалтIизабулеб мехалъ, гьес гьеб кьолаан кIудияв чиясухъе. Гьекъолеб мехалъ гьеб жиндирго кваранаб рахъалда гIодов чIарав чиясухъе кьолаан.

Гьелъ бихьизабуна кваранаб рахъ квегIаб рахъалдаса цебе гьабизе кколеблъи чиясухъ халгьабичIого. Кваранаб рахъалда гIодов чIарав чиясе гьекъолеб жо кьола, лъикIлъиялъул гIаламат хIисабалда гуреб, гIицIго кваранаб рахъалда гIодов чIун вукIиналъ. Гьединлъидал, кваранаб рахъалда гIодов чIарасе гьекъолеб жо кьола, квегIаб рахъалда гIодов чIарав даражаялъул рахъалъ кIудияв вугониги.

Аллагь разилъаяв Анас ибн Маликица бицана: «Цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ лъимгун жубараб рахь босун бачIуна. Гьесул кваранаб рахъалда гIодов чIун гIалхул гIарабияв вукIуна ва квегIаб рахъалда - Абубакар. Аварагас ﷺ гьекъола ва гIалхул гIарабиясухъе кьола, цинги абула: «Кваранаб рахъалда гIодов чIарав чиясе кьезе ккола (гьекъолеб жо)», - ян.

Аварагас ﷺ лъим гьекъолеб букIана бигьа гьабун, гIедегIичIого, дагь-дагьккун, ай кIиго-лъабго хIухьел бан.

Аллагь разилъаяв Анас ибн Маликица бицана: «Аварагас ﷺ лъабго нухалъ гьекъолаан, щибаб нухалъ хIухьелги ккун. Гьес абуна: «Гьедин лъикIабги пайдабги буго», - ян. Гьелъул магIна ккола, цин гьекъон хадуб нахъе босун хIухьелги цIан, цIидасан гьекъолеб букIанин, гьедин лъабго нухалъ гьабулеб букIана. Гьес гьекъолеб жоялда жанибе хIухьел цIалеб букIинчIо, цогидал хIадисазда бихьулеб буго Аллагьасул Расулас ﷺ гьукъун букIин гьекъолеб мехалъ цIарагIалда жанибе хIухьел пуйзе.

Аварагас ﷺ гьекъолеб жо гIодовги чIун гьекъолаан. Исламалъул гIалимзабаз чIезабуна гIодовги чIун лъим гьекъеялъ сахлъиялъе пайда кьолеблъи. Гьанжесел цIех-рехазги гьеб тасдикъ гьабуна ва гIодовги чIун гьекъезе пайдаяб бугин абуна.

Ибну ГIаббасица бицана Аварагас ﷺ замзам вахъунги чIун гьекъанин. Амма гIалимзабаз гьелъие баян кьун абуна, Аварагас ﷺ вахъунги чIун гьекъанин бегьиялъе бихьизабун. Аварагасул ﷺ гIадат букIана гIодовги чIун гьекъей, вахъунги чIун гьекъей карагьатаблъун бихьизабуна. Амма Аварагас ﷺ гьениб бихьизабуна гьедин гьабизе хIарамаб гьечIеблъи. Гьелъ Аварагас ﷺ карагьатаб жо гьабунин абуларо. Щайин абуни, гьесда тIадаб букIиналъ хIалал-хIарам баян гьаби. Гьеб баян гьабуралъухъ Аварагасе ﷺ кири щола, парз гьабураб гIадин.

Имам Нававияс баян гьабуна хIадисазда рехсанин Аварагас ﷺ какие чурулеб мехалъ цо нухалъ чуранин ва тIавафги гьабунин вараниялда тIадги рекIун. Амма гIалимзабаз баян гьабуна какие чурулеб мехалъ щибаб лага лъабго нухалъ чуризе суннатаб букIин ва гьединго тIаваф лъелго гьабизе суннатаб букIинги. Гьеб гьабулеб мехалъ Аварагасе ﷺ бокьун букIана цо яги кIиго нухалъ гьабизе бегьулеблъи баян гьабизе, амма гIемерисеб мехалъ Аварагас ﷺ кидаго какие чурулеб мехалъ лугби чурулаан лъабго нухалъ ва тIавафги гьабулаан лъелго. Гьесул гIумруялъул хIисаб гьабураб мехалъ лъимги гьес гьекъолеб букIана гIодовги чIун.

Ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтаж» абураб тIехьалда хъвалеб буго замзамги гIодовчIун гьекъезе суннатаб бугилан, Къиблаялдаги вуссун. Вахъунги чIун Аварагас ﷺ гьеб гьекъей букIана бегьиялъе баян гьаби.

Лъие бугониги сайгъат кьезе Аварагасе ﷺ бокьараб мехалъ замзам кьолаан. Аварагас ﷺ замзам баччулаан Маккаялдаса бахъараб Мадинаялде ва гьебги кьолаан жиндирго асхIабзабазе.

Аварагас ﷺ кванде, лъеде пулеб букIинчIо. Гьекъезе байбихьараб мехалъ Аварагас ﷺ абулеб букIана «БисмиЛлагь» абун. Щибаб хIухьел бахъараб мехалъ ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ щукру гьабулаан. Гьедин лъабго нухалъ гьабулеб букIана.

Цо къоялъ гьесие цо цIаргIалда жаниб гьоцIо жубараб рахь бачIуна. Аварагас ﷺ инкар гьабула гьеб гьекъезе ва абула: «Дица рекъараблъун рикIкIунаро цо цIарагIалда жаниб кIиго гьекъолеб жо жубазаби яги кIиго тIагIам жубазаби. Гьеб гьукъараб гьечIониги, дие бокьун гьечIо къиямасеб къоялъ гьелъул жаваб кьезе. Дие бокьула Аллагьасда цебе гIодобегIанлъи. Аллагьасда ﷻ цеве хIеларав чи, Гьес кIодо гьавизе вуго», - ян. Аварагасул ﷺ гьаб суннат ва гьекъолеб къагIида нилъеца гьабуни к,1удияб пайдаги кириги букIина.

Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги абуна, Аварагасулъ ﷺ нилъее мисал бугилан. Гьесул суннатги ккун гIумру тIамуни, нилъер яшавалдаги баракат лъола.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...