Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ дугIаби

Аварагасул ﷺ дугIаби

ДугӀа ккола кӀудиял гӀибадатазул цояб. Нилъеда бихьула Аварагасул ﷺ гӀумруялдасан кигӀан гьес Аллагьасда ﷻ гьарулеб букӀарабали. ГӀалимзабаз рикӀкӀуна дугӀа гьаби лъикӀаб бугин, гьеб рехун теялдаса. ДугӀа ккола Аллагьасде ﷻ хIузуралда гьари, Гьесде бугеб хӀажалъи загьирги гьабун.

 

Аварагас ﷺ захӀмалъи ккараб мехалъ кверал рорхулаан къвалакь бакIал рихьулеб хIалалда. Къвалакь бакIал рехьулеб хIалалъин абураб жоялъул магIна ккола гIатIидаб ретIел яги къвалал гIатIидал рукIин абураб жо.

Гьеб хӀадисалъ тIоритIел гьабула дугIа гьабулелъул кверал рорхизе суннатаб букIиналде.

Гьединлъидал кверал рорхизе лъикӀаб буго такбиратул ихIрамалда (байбихьулеб такбиралда), рукугIалде унаго ва тӀаде ворхулеб мехалъ, тӀоцебесеб аттахIиятуялдаса вахъунелъул.

Аварагас ﷺ къварилъи щведал дугӀа гьабуна:

لَا إِلَهَ إِلا اللهُ الْعَظِيمُ الْحَلِيمُ، لَا إِلَهَ إِلَّا اللهُ رَبُّ الْعَرْشِ الْعَظِيمِ، لَا إِلَهَ إِلَّا اللهُ رَبُّ السَّمَاوَاتِ السَّبْعِ وَرَبُّ الْأَرْضِ وَرَبُّ الْعَرْشِ الْكَرِيمِ

 

 

«Лаилагьа илла-Ллагьул-ГӀази-мул-ХӀалим, ла илагьа илла-Ллагьу Раббул-гIаршил-ГӀазим, ла илагьа илла-Ллагьу Раббу ссамавати ссабгIи ва Раббул-арзи ва Раббул-ГIаршил-Карим».

МагIна: «ГIибадат гьабизе мустIахIикъав цохIо ТIадегIанав Аллагь гурони гьечIо, живги - ТIадегIанав ва ХIалимав, Къудратав ГӀаршалъул БетӀергьан, анкьабго зобалъул БетӀергьан, ракьалъул БетӀергьан, ТӀадегӀанаб ГӀаршалъул БетӀергьан Аллагь гурони гьечIо гIибадат гьабизе мустахIикъав».

Имам Мунавияс «ШархӀул-ЖамигI» абураб тӀехьалда хъвалеб буго: «Гьеб цIакъ тIадегIанаб дугӀа ккола. Гьелде кӀвар кьун, гьеб гӀемер гьабизе ккола, хасго къварилъи ккараб мехалда», - ян.

ГӀалимзабазул цояв ибн Жаририца абулеб букӀана цересел ритӀухъал чагӀаз (салафаз) гьеб дугӀа хӀалтӀизабулеб букӀанин ва гьез гьелда «къварилъабаздаса дугӀа» абунги абулаанин.

Ибну БатIтIалица бицана Абубакар Разиясдасан бачIанин: «Дун вукӀана Исфагьаналда Абу НугIаймгун цадахъ, гьенив вукӀана цо шайих, Абубакар абун. Гьев пашман гьавула пуланав гӀолохъанчиясул ккараб жоялъ. Гьесул хIакъалъулъ султӀанасда лъазабула ва гьев туснахъалъув тIамула. Дида макьилъ вихьана Авараг ﷺ, гьесул кваранаб рахъалда Жибрил малаикги вукӀана. Аварагас ﷺ гьоркьоса къотӀичӀого тасбихӀ гьабулеб букIана.Цинги Аварагас ﷺ дида абуна: «Абубакарида абе гьаб дугӀа, ай «къварилъабаздаса дугӀа» гьабеян, гьесие бигьалъи щвезе букIине». Дица гьесда гьеб бицун хадуб гIемер заман инчIого гьев къватIиве виччана. Гьеб дугӀа батула «СахӀихIул Бухари» абураб тӀехьалда. Гьеб дугӀаялъул хӀасилги букӀине буго цӀалулев чиясул ракӀ бацӀцӀалъиялда рекъон».

 

ДугӀа гьабулеб мехалъ гьурмада кверал рахъи

Аварагас ﷺ кверал рорхун дугӀа гьабулеб мехалда, гьел гӀодоре риччалароан гьурмада рахъун гурони.

Имам Мунавияс «ШархӀул ЖамгI» абураб тӀехьалда хъвалеб буго, гӀемерал шафигӀиязда аскIоб гьедин гьабизе суннатаб бугин. Имам Нававиясги гьебго жо хъвана «Тахкъикъ» абураб тӀехьалда.

Амма хӀадисал загӀипал ругониги, цадахъго гьел данде гьаридал, къуватлъула. ХӀадисалъул гӀелму цӀаларав чиясда лъала гьелъул хӀукму. Гьединлъидал, дугӀа гьабун хадуб гьурмада кверал рахъизе бегьула, хӀатта суннатаб буго. Гьедин гьабула какилъ гуреб заманалда дугIа гьабулеб мехалъ. Амма какилъ гьабулеб мехалда гьедин кверал рахъуларо.

Аварагас ﷺ цогидасе дугӀа гьабулеб мехалда жиндасаго байбихьулаан. Цогидасе дугIа гьабулеб мехалъ гьесул дугӀаялде гъорлъе унаан гьезул лъималги лъималазул лъималги.

Гьаб хӀадисалда рекъон, тӀоцебе дугӀа гьабула жиндиего, хадуб цогидазе, хадуб гӀаммаб куцалда киналго бусурбабазе, жиндирго эмен Ибрагьимил динги цӀунун. Эбел-инсудаса цӀикӀкӀун ихтияр муъминчиясда тӀад лъилниги гьечӀо, амма гьедин букӀаниги, тӀоцебе жиндиего дугӀа гьабулаан. Къуръаналдаги чанго нухалда рехсана гьедин, Ибрагьим аварагасул дугIабазул рагIаби.

 

Жиназдаса ва бералдаса цӏуниялъул дугӏа

Аварагас ﷺ жиназдаса ва квешаб бералдаса цогидал зикрабаздалъун цӀуни тӀалаб гьабулеб букIана кӀиго сура рещтӀинегӀан - «Фалакъ» ва «ан-Нас». Гьел сураби рещтӀун хадуб Аварагас ﷺ байбихьана гьел хасгьабун цӀализе. Гьеб кӀиябго сураялъ кинабго квешлъиялдаса цӀунула. Гьел гурелги цогидал жалаздалъун цӀуни гьабизе бегьула, амма гьел тӀаса рищула.

Аварагас ﷺ тохлъукьего бачIунеб хвелалдаса цIуни гьарулеб букӀана. Аварагасе ﷺ бокьулаан хвелалда цеве унтизе. Гьедин ккезеги ккана, анцIила ункъо къоялъ, гIага-шагарго, унтана.

Аварагасул ﷺ ахирисел рагӀаби рукӀана: «Как ва как, Аллагьасдаса нуж хIинкъа», - ян. Аварагас ﷺ гьениб кIиго нухалъ как абун такрар гьабуна, гьелъул кIварги бихьизабун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....