Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?
(Байбихьи цебесеб номералда)
АсхIабзабазул ургъел ва кумек
Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие мисаллъун лъугьана жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв Жабир-асхIабасулгун ккараб вакъигIат.
Жабирил варани букIана свакан, цогидаб караваналда хадуб гъезе кIоларого. Авараг ﷺ гьесда аскIове ана ва хIайваналда кверги лъун, Аллагьасде ﷻ дугIа гьабун гьарана, цинги гьесул варани бигьаго къапилаялда хадуб гъуна, хIатта цебе-цебе билъана.
Гьанже заманалда сапаразда гIемерисезул пикру букIуна гIицIго жидерго ахIвал-хIал бигьаго ккеялде, хехго къватIире-жанире рорчIи, цоял церехун гIедегIула, цогидал гаджетазде руссуна, загIипал, кумек гьечIел абуни жалго жидедаго хутIун рукIуна. Аллагьасул Расуласул ﷺ тIадехун рехсараб мисалалъ нилъеда малъулеб буго гьединал гIадамал къварилъиялда рехун тезе бегьулареблъи, хIажатасе кумек гьабизе кколеблъи.
Аварагас ﷺ асхIабзабазе насихIат гьабулаан рекIине хIайван гьечIезухъе гьеб кьейин абун. Абу СагIидил Худриясдасан бицараб хIадисалда буго: «Живго рекIунареб хIайван бугес гьеб кье гьечIесе, гьединго квен-тIехги гIахьал гьабе гьечIесулгун», - ян (Муслим).
ХIухьбахъизе чIарал бакIазда магIишатиял хIалтIаби тIаде росарал чагIазеги гьес ﷺ сайгъатал кьолаан ва ракI батулел рагIаби абулаан, жинцагоги сапаралъул захIмалъаби, гьалмагълъиялда цадахъ, тIуразарулаан. Амма асхIабзабазе бищунго бокьулеблъун букIана гьес ﷺ жидее дугIа гьаби.
Анас ибну Маликица бицун буго, цо нухалъ жал Авараггун ﷺ сапаралъ къватIире рахъун рукIанин. «Нижеда цадахъ рукIаразул цо-цояз кIал ккун букIана, цогидаз букIинчIо. КIал кквечIез чадирал чIван, хIайванал кваназарун, свакарал гьалмагъзабазе хIажатаб чIезабун, гьезул тIалаб-агъаз гьабуна. Гьеб бихьарав Аварагас ﷺ абуна: «Жакъа кIал кквечIез кинабго кири жидеего босана», - ян. (Бухари, Муслим)
МухIиббу ТIабарица «Хуласату Сияри Сайидил Башар» абураб тIехьалда рехсолеб буго Аварагасул ﷺ ккараб къиса. Цо сапаралда, бусурбаби лъалхъи гьабизе чIун ругеб бакIалда, асхIабзабазул цояс жиндего тIаде босун буго чахъу хъвезе, цогидас тIом бахъизе, лъабабилес бежа-белъине. Цинги Аварагас ﷺ абун буго: «Дица цIа бакизе цIул бакIарила», - абун. АсхIабзабази лъугьун руго кинабго жидеца гьабилин, дуца гьелъул ургъел гьабизе ккеларин абун. Амма Аварагас ﷺ жаваб гьабун буго: «Дида лъала нужеда гьеб гьабизе кIолеблъи. Амма ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бокьуларо жиндирго лагъ цадахъ ругезда гьоркьоса ватIатIун, гьездаса тIадегIанавлъун рикIкIуневлъун вукIине», - ян. Гьел рагIабиги абун, Авараг ﷺ цо рахъалдехун ана ва заманалдаса цIулги баччун вачIана.
Аварагасул ﷺ гьеб мисал буго нилъер щивасе дарс, сапаралда рукIаго щивас гьабизе ккола жиндаго рекъараб иш, рукIине ккола ращадго. Бугониги, гьелъ магIна кьоларо жиндаса къадруяв чи цадахъ вугеб мехалъ гьесул хIурмат гьабизе кколарин абураб жо, гьелъул гIаксалда, дол асхIабзабаз Аварагасда ﷺ абулеб букIарабги цIунизе ккола.
Цадахъ ругезе гьабе рукIа-рахъиналъулъ санагIалъаби, машинаялда унел ругони, цIикIкIарасе биччай гIодов чIезе бакI, гьабе чIужугIаданалъе яги херав чиясе кумек.
Сапаралдаса вуссин
Сапаралдаса тIадвуссун вачIунагоги Авараг ﷺ, тIоцебесеб иргаялда, мажгиталде унаан ва кIиго ракагIат какил балаан. КагIб ибн Маликидасан бицана: «Аллагьасул Расул ﷺ сапаралдаса тIадвуссиндал, цин мажгиталъувеги лъугьун, гьениб кIиго ракагIаталъул как балаан», - ян. (Бухари, Муслим)
Гьелдаса босун, гIалимзабаз абулеб буго сапаралдаса руссиндал, тIоцебесеб иргаялда, гьабизе рекъараб гIамал гьеб бугин, жиб букIинин сах-саламатго тIадруссун рачиналъухъ Аллагьасе ﷻ шукру загьир гьабилъунги хадусеб жидер иш, гIамал, яшав Гьев ﷻ рехсон байбихьараблъун букIине абун.
КантIизе рекъараб иш
Цоги сапаралдаса щведал Аварагас ﷺ цIалулеб букIана: «А́йибу́на, та́ибу́на, гIа́биду́на, ли-Раббина́ хIа́миду́на» - абун. МагIна: «Ниж руго тIадруссунел, тавбу гьабулел, гIибадат гьабулел ва нижерго БетIергьанасе ﷻ рецц гьабулел», - ян. («СахIихI Муслим»)
Нилъер заманалда сапарчиясе гьединал дугIаби гьари цIикIкIун къваригIараллъун руго, щайин абуни, чиясда къватIиве вахъиндал дандчIвала батIи-батIиял гIадамал, ккола хIинкъи бугел, лъаларел нухазде, сапаралда гьава-бакъ хисиязде. Гьелъ, санагIалъи ккарал бакIазда яги машинаялда унелъул эркенаб заман ккедал пайда босе дугIа, тасбихI, тагьлил цIалиялдаса.
Аварагасул ﷺ гIумруялъул мисалал нухлъун ккуни, щивав бусурбанчиясда кIола жиндир сапар рахIмуялъул, цоцазе кумек гьабиялъул ва ТIадегIанав Аллагь ﷻ ракIалде щвеялъул цIураб гIамалалде сверизабизе.
Аллагьас ﷻ бигьа гьабеги щивасе сапар, кире рахъаниги нух битIун руссаги! Амин!