Аслияб гьумералде

Рузман къоялъ салават цIали

Рузман къоялъ салават цIали

Рузман сордоялъ ва къоялъ цIакъго хирияб буго салават цIализе. ГIемер цIаларабгIан лъикIабги буго. 300 нухалдасагIаги дагьлъизе тезе бегьиларин абуна цо-цо гIалимзабаз.

 

Имам КъустIуланияс «Мавагьибу Ладуният» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Авараг ﷺ ккола тIолабго гIаламалъул сайид. Цогидал къоязда дандеккун рузман къоги ккола бищун хирияблъун. Рузман къоялъ битIараб салаваталъул хиралъиги буго цогидал къояз битIараздаса цIикIкIун...», - абун.

Дунял-ахираталда умматалъе щвараб нигIмат щола Аварагасдасан ﷺ, ай ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасде ﷺ рещтIинабула, цинги гьесдасан умматалъе бикьула. Гьеб къо МухIаммадияб умматалъе гьаб дунялалда гIидлъунги бихьизабун буго. Гьеб къоялъ бусурбабазе кутакаб пайда щола, гьезул хIажат БетIергьанас ﷻ тIубала, гьарарабги къабул гьабула. Гьеб кинабго бусурбабазе щола Авараг ﷺ сабаблъун. Гьелъ щукругун рецц гьаби, гьединго, дагьа-макъаб бугониги гьесдехун ﷺ нилъер рахъалдаса бугеб хIакъ тIубайлъун ккола гьеб къоялъ салават гIемер битIи.

Рузман сордоялъ муридзаби данделъун цIалун гIадат билълъараб буго нилъер улкаялда хасаб сигъа салаваталъул. Гьебги буго кутакалда жиб цIали кири цIикIараб салават.

ГIали-асхIабасдасан бицун, «Нагьжул мутакъин» абураб тIехьалда хъван буго: «Щибаб къойил лъаб-лъаб нухалда ва рузман сордоялъ нусго нухалда Аварагасде ﷺ

 

صلوات الله وملائكته وانبيائه ورسله وجميع خلقه على محمد وعلى ال محمد عليه وعليهم السلام ورحمة الله وبركاته

 

гьаб лапсалдалъун салават битIарав чиясул салават кинабго халкъалъ битIараб салаваталда бащалъула, Къиямасеб къоялъги гьев Аварагасул ﷺ къокъаялдаса вахъинавула ва Алжаналде лъугьинегIан Аварагас ﷺ гьесул кверги ккола», - ян.

Гьеб салаваталъул магIнаги ккола: «Аллагьасулги ﷻ Гьесул малаикзабазулги анбияазулги расулазулги ва кинабниги халкъалъулго салават лъеги МухIаммадида ва МухIаммадил агьлуялда. Гьесдаги ва гьездаги буго саламги, Аллагьасул ﷻ рахIматги баракатги».

Рузман къоялъ цIализе хирияб буго суратул «Кагьф». Гьеб цIалулеб заман хутIун, нахъияб заман салават цIалун инабизе бихьизабулелги руго цо-цо гIалимзаби.

Аллагьас ﷻ макъам-даража тIадегIан гьабеги гьеб сигъаялдалъун салават битIизе нилъ гьесизарулел хIакъикъиял муршидзабазул. БетIергьанас ﷻ гьезул баракат-шапагIат камунги нилъ тогеги кIиябго рукъалъулъ. Амин!

Аллагьас ﷻ щивасе тавпикъ кьеги сордо-къоялда жаниб гIемераб салават битIизе.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...