Аслияб гьумералде

Инсан гьалаг гьавулеб

Инсан гьалаг гьавулеб

ЦIакъго ццим бахъиндал инсанасул кьер хисула, мацI бабадула, гьарулел ишал гIадлуялдаса рахъун ккола.

 

Ццим бахъараб мехалъ инсанасул бидурихь шайтIаналда хурхуна. ШайтIанги цIаялдаса бижараб буго. ЦІаги цо хIалалда чIоларо, багъа-бачарун тIаде цIикIкIунеб букIуна. Гьедин, ццим бахъараб мехалъ инсан хехдарула ва гьалаглъун лъугьуна.

Ццим бахъин ккола хIалхъублъи, хIасад бижиялъе аслияб сабаблъун. Цо чияс Аварагасда ﷺ чанго нухалъ гьарула жиндие васият гьабеян. Щибаб нухалъ Аварагас ﷺ абула: «Дур ццим бахъунге», - ян.

ГIумар-асхIабасул васасги Аварагасда ﷺ гьикъула: «Аллагьасул ﷻ ццим бахъиналдаса дун сунца цIунулев?» - абун. Аварагас ﷺ гьесие жаваб гьабула: «Дурго ццим бахъунге», - ян. Ццим бахъараб мехалъ шайтIаналъ инсан, лъималаз торгIо гIадин, васандизавула.

Ццим бахъин живго кIодого вихьиялдасан бижула ва дагIбадиялдасан, рекIкI-хIиллаялдасан, цIикIкIараб бечелъи, машгьурлъи, цIар бокьиялдасан букIуна. Цо-цоязул хасиятго букIуна хехго ццим бахъунеб.

Ццим бахъарав чияс пикру гьабизе ккола хIалимлъиялъул, тIаса лъугьиналъул, хиралъи бицарал аятазул, хIадисазул. Гьединго ццим бахъарав чияс пикру гьабизе ккола жинца цогидазда ццим бецIани, Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъ жиндаги ццим бецIизе букIиналъул. Гьединго ццим бахъарав чияс пикру гьабила жинца ццим бецIани, гьоркьоб тушманлъи бижун, гьелъ динги парахатаб гIумруги гьабизе квалквал гьабулеблъиялъул.

Гьединго пикру гьабизе ккола Аллагьас хъвараб жоялда ццим бахъине бегьунгутIиялъул. Ццим бахъин гIодобе буссинабизе кумек гьабула, вахъун чIун вугони гIодов чIеялдалъун, гIодов чIун вугони, ракьалда хьибил лъунани, цIорораб лъеца какие яги черх чурани.

Ццим бецIизе ресги букIаго Аллагьасе гIоло гьеб къулчIани, Аллагьас Къиямасеб къоялъ тIолго халкъалдаги вихьизавун, гьев Алжаналде ахIула ва бокьарай хIурулгIин тIаса йищизе гьесухъе ихтияр кьола. ХIалимлъиги Аллагьасе бокьулеб хасият ккола. ГIодове виччан, ургъун жо гьабиги Аллагьасе бокьула. Жиндие квешлъи гьабурасда тIаса лъугьарав чиги Аллагьас ﷻ дунялалдаги ахираталдаги тIадегIан гьавула. Дунялалъул жоялъе гIоло ццим бахъин какараб буго.

Аварагас ﷺ абун буго: «Нужеца цIуни гьабе ццим бахъиналдаса. Щайин абуни, гьеб буго Адамил лъимадул рекIелъ боркьун бакараб тIурччи. Ццим бахъараб мехалъ нужеда бихьуларищ кин гьесул тIом багIарлъулебали ва бидурихьал понцIон рачIунелали», - ян (Абу-Давуд).

КIудияв гIалим ХIамид ибну ГIабдуррахIманица хъван буго: «Гьел Аварагасул ﷺ рагIабазда тIад ургъараб мехалъ, дида бичIчIана ццим бахъин кинабниги квешлъиялъе сабаблъун бугеблъи. Щайин абуни, чиясул ццим бахъараб мехалъ гьесда бичIчIуларо щиб абулеб ва гьабулеб бугебали. Гьединаб хIалалда вукIаго чиясухъа гьабунги ккола тохабщинаб гIамал, хIатта такъсирцин», - ан.

Гьединлъидал буго Аварагасги ﷺ абураб: «Къуватавлъун кколаро цогиясдаса бергьунев, къуватавлъун вуго ццим бахъараб мехалъ жиндирго напсалда кверщел гьабизе кIолев чи», - ян (Бухари).

Анас-асхIабас бицараб хIадисалда буго, цо нухалъ Аварагас ﷺ абунин: «Ццим бахъараб мехалъ гьеб къинабулев чиясдаса, Аллагьасги ﷻ жиндирго гIазаб нахъчIвала. ХIажат гьечIеб бициналдаса жиндир мацI цIунулесулги, Аллагьас ﷻ квешлъаби рахчула», - ян (ГIукъайли).

Имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Нужер цонигиясул ццим бахъараб мехалъ, вуцIцIун чIа», - абун. Лъабго нухалъ абунила Аварагас ﷺ гьедин. Гьабги кIудияб дару ккола ццим нахъчIваялъе, щайгурелъул, ццим бахъараб мехалъ къабихIал, къваригIел гьечIел рагIаби абула, гьеб тIаса индал пашманлъулел. ВуцIцIун чIани, гьеб кинабго букIунаро. Гьал цере рехсарал жалаздалъунги ццим гIодобе биччачIони, гьес какие яги черх чурила цIорораб лъеца, щайгурелъул, цIа свинабулелъул лъеца.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....