ЧIахIиял мунагьал
Нилъеда гьитIинабин, кIудиябин абун мунагь бихьизе бегьуларо. Гьел киналго кIудиял руго. Гъоркьехун рахъулел руго цо-цо чIахIиял мунагьазул баян.
Чи чIвай
Чи чIвай ккола бищун чIахIиял мунагьаздасан. Цо бусурманчи чIвай Аллагьасда ﷻ аскIоб дунялго паналъиялдасан ккола. Зоб-ракьалъул агьлуги рекъон цо чи чIвани, гьев чиясе гIоло зоб-ракьалъул агьлу Аллагьас ﷻ жужахIалда кIалагъоркье речIчIизабулин хIадис буго.
Жинцаго живго чIвай цоги чи чIваялдаго релълъараб мунагь ккола. Жинца чи чIварав дунялалго къисасалдалъун чIвала. Чи чIваялъул бугеб мунагьалъул хIакъалъулъ бицун рачIарал аяталги хIадисалги цIакъго гIемер руго. ШаргIияб нух гьечIого чи чIварав Къуръаналъ тIолабго гIалам чIварав чиясда релълъинавунги вуго.
СихIру гьаби
СихIру гьаби ккола бищун чIахIиял мунагьазул цояб, гьеб хIалтIизабиялдалъун инсан капурлъула. Гьезухъе хьвадулел гIадамазеги, гьезиего гIадаб мунагь букIуна. Гьездаго релълъараб гIадаб жо ккола палихъабазухъе, жундулгун кIалъалел гIадамазухъе хьвади, гороскопазда божи. Аллагьас цIунаги гьелдаса.
Как тей
Как тей рикIкIуна чи чIваялдасаги кIудияб мунагьлъун. Как тарав чи, шаргIияб закон хIалтIулеб бугони, гьелъ хIукмуги къотIун, тавбу гьабичIони, чIвазе вихьизавула. Как бай тIадаб букIиналда инкар гьабурав чи капурлъула. Къиямасеб къоялъул хIисаб-суалги тIоцебе какалдаса байбихьула. Как толев чиги Къиямасеб къоялъ
ПиргIавнгун, Къарунгун, Гьамангун, Убайугун цадахъ вахъинавула. Как толев чи жужахIалъул «гъайун» абураб хасаб кIкIалахъе рехула.
Гьеб ккола жибго жужахIалъцин гьелдаса цIунеян Аллагьасда гьарулеб гIасияб кIкIал. Аллагьас цIунаги как теялдаса. Как толев чияс хехго тавбу гьабизе ккола, рачIого тарал какалги хехго рецIизе ккола.
Эбел-инсуе мутIигIлъунгутIи
Эбел-инсуе мутIигIлъуларел лъималазе гьезул лъималги мутIигIлъуларо, гьезде Аллагьас дунялалдаго балагь биччала ва гьел ккола Аллагьас жидее нагIана кьурал чагIи, гьезда алжаналъул махIги чIваларо.
ГIагарлъигун барщи
Лъабго къоялдаса цIикIкIун барщун чIезе хIарамаб буго. ГIагарлъиялъулгун бухьен къотIизабурав чи Аллагьасул рахIматалдаса ватIалъула. Цере алжаналде унелгун гьесие алжаналде ине нухги щоларо, гьесул гIумруги къокълъула, боцIудаса баракатги бахъула.