Аслияб гьумералде

ГIамалалдасаги лъикIаб

ГIамалалдасаги лъикIаб

Ният ккола гIибадаталъул кьучI ва киналниги гIамалазул рухI. Амма хириял гIамалал хвезаризе бегьула цохIо мекъи гьабураб нияталъ. Гьелъ ният гьабизе лъазе ккола.

 

Цо-цоязда ккола ният гьаби захIматаб жо бугин. Гьеб гьедин гьечIо. Ният ккола дуда гьабизе ракIалда бугеб жоялде къасд гьаби, гьелъул шурутIалги цIунун.

Къуръаналъги ният бацIцIадал гIадамал реццун руго ва хIадисалдаги буго: «Муъминчиясул ният гьесул гIамалалдасаги лъикIаб буго», - ян абун.

Аллагь ﷻ нилъер ракIазде валагьула, ракI нияталъул бакI бугелъул.

Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъ малаикзабазда абула Жиндир лагъасе лъикIаб гIамал хъвайин гьесул кагътида. Малаикзабаз абула: «Я, БетIергьан, гьес гьеб гIамал гьабун букIинчIо», - абун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула гьесул ният букIанин гьеб гьабизе.

Дунялалда бусурбанчияс дагьаб гIамал гьабуниги, абадияб алжан гьесие щвезе бегьула ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизе букIанилан абураб ният букIиналдалъун.

Кьижулеб мехалъ муъминчиясул щулияб ният бугони сардилъ вахъун тагьажуд гьабизе абун, цинги макьуги бергьун, ворчIичIого хутIани, тагьажуд бараб мехалъ гIадин кири хъвала гьесие.

Цо лъикIаб жо гьабизеян муъминчияс ният гьабуни, цинги квалквал ккун гьес гьеб гьабичIого хутIани, гьесие гьеб гьабураблъун хъвала.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...