Аслияб гьумералде

РецIел босулароан

РецIел босулароан

Аварагасул ﷺ гIемерал хаслъаби рукIана. Гьезда гьоркьоб кIвар гьабун рехсана лъикIаб тIабигIат. Къуръаналдаги гьеб рехсана. Гьединлъидал Авараг ﷺ вукӀана гӀадамазда гьоркьов бищун сабру бугев ва тӀаса лъугьиналде ахIулев, рецӀел босизе рес бугониги.

 

Цо къоялъ пуланав чияс гьесие меседил яги гӀарцул жавгьарал росун рачIуна, Аварагас ﷺ гьеб жиндирго асхIабзабазда гьоркьоб бикьула. Цинги цо гIалхул гIарабияс абула: «Дида гьеб ишалъулъ ритӀухълъи бихьулеб гьечӀо», - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Балагь дуе! Дидаса хадуб лъица дуе ритӀухълъи гьабизе бугеб?» - ян. ГIалхул гIарабияв нахъе индал, Аварагас ﷺ абула: «Гьев дихъе тIадвуссинаве», - ян.

Гьединго Аварагас ﷺ Билалил ратӀлилъ букӀараб гӀарац ХIунайн къоялъ гӀадамазе бикьана. Цо чияс гьесда абула: «Я, Аллагьасул Расул! Дуца ритIухълъи цIуне»! - ян. Аварагас ﷺ жаваб кьола: "Балагь дуе! Дун ритӀухъав гьечӀони, щив ритӀухъав вукӀине вугев? Дун ритӀухъав гьечӀони, дун чIового хутIизе вуго», - ян. Цинги ГӀумар-асхIабас абула: «Дица гьесда хвалчен кьабилищ? Гьев вуго мунапикъ», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Те! Аллагьас цӀунаги гӀадамаз дица дирго асхӀабзаби чӀвалел ругин абиялдаса», - ян.

Аварагас ﷺ цо нухалъ бикьула боцIи-малалъул бутӀа ва ансаразул цояс абула: «Гьеб бикьи ккола жинда жаниб Аллагьасул ﷻ разилъи гьечӀеб яги Аллагьасе гӀоло», - ян. Гьел рагIаби дов чияс абун рукIана Аварагасда ﷺ. Хадуб Аварагас ﷺ абуна: «Дир вац Мусада Аллагь гурхӀаги, гьесие гьалдасаги квешаб зулму гьабуна, амма гьес хӀехьана», - ян.

Цо гIалхул гIарабияв мажгиталда Авараг ﷺ вугеб мехалъ кIущула. АсхӀабзабазе бокьун букӀана гьесие тамихӀ гьабизе, амма Аварагас ﷺ абула: «Гьесде рагъуге. ХӀакълъунго мажгитал чороклъиялъе, нажасалъе мустахӀикъал гьечӀо», - ян. Балагье, гьаб бакIалдаги Аварагасул ﷺ бугеб хIалимлъи. Аварагас ﷺ гIалхул гIарабиясда берцинго бичIчIизабула мажгит сундуе бугебали. Къуръаналъул аятги гьечIищ нужеца гIадамал исламалде ахIулеб мехалъ берцинго ахIеян.

Аварагасда ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула мун гьездехун, ай диналде халкъ ахIулеб мехалъ хъачIав, ццидахунев вукIаравани гьел дуда аскIор чIезе рукIинчIин. Нилъер хъачIлъиялъги гIедегIиялъги чиясе насихIат гьабулеб мехалъ щибниги пайда гьабуларо. Цо-цо мехалъ диналдаса рикIкIад гьаризе рес буго. Берцинго абураб рагIи рекIелъе бортула. Гьаб бакIалда нилъее рекъола Аварагасда ﷺ нахърилъине.

Цо нухалъ гIалхул гIарабияв Аварагасухъе ﷺ вачIуна цо жо гьарун. Гьебги гьесие кьун, гьикъула: «Дица дуе лъикӀлъи гьабунищ?» - абун. ГIалхул гIарабияс абула: «ГьабичIо, мун сахаватав вукӀинчӀо», - ян. Бусурбаби ццим бахъун гьесде тӀаде кӀанцIизе лъугьуна, амма Аварагас ﷺ ишара гьабун чIезарула. Цинги Авараг ﷺ рокъове уна, гьесие нахъеги цоги жоги кьун, гьикъула: «Дица дуе лъикӀлъи гьабунищ?» - абун. Гьес абула: «Гьабуна, Аллагьас ﷻ дур агьлуялда ва тухумалда баракат лъеги», - ян. Цинги Аварагас ﷺ гьесда абула: «Дуца тIоцебе абураб жоялъ асхIабзаби рази гьаричIо, дуе бокьани дида гьанже абураб жо гьезда абе, гьезул рекIелъ дудехун ццим букIинчIого букIине», - ян. Гьес абула абилилан.

Радал яги къаси мех щведал гьев вачIиндал Аварагас ﷺ киназдаго рагIулеб куцалъ абула мун рази гьечIищилан. Гьес абула вугилан, Аллагьас ﷻ дур агьлуялда ва тухумалда баракат лъеги», - ян.

Хадуб Аварагас ﷺ абула: «Дирги ва гьав гIалхул гIарабиясулги мисал релълъуна жиндирго варани лъутун арав чиясда, амма гIадамаз гьеб цIикIкIун бекеризабула кквезелъун хадурги лъугьун. Гьес гIадамазда абула нужеца варани жибго теян, жинда лъалин гьелъие щиб гьабизе кколебали. Гьев чияс цевеги ун, бигьа гьабун ахIула, гьеб аскIобе бачIуна ва тIадги рекIун уна.

Анасица абула: «Рогьалил как балеб мехалъ ТангIималдаса рачIуна 80 чи Аллагьасул Авараг ﷺ чӀвазе, амма гьел ккола. Аварагас ﷺ гьел тархъан гьарула, риччала. Гьединав хIеренав, гIадамазда тIаса лъугьунев, кутакалда гурхIел-рахIму бугев вукIана Авараг ﷺ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....