Аслияб гьумералде

Аварагасул баракат щварал

«ХIалимат, АллагьасхIаги, бихьулеб буго дуца бачараб лъимер баракатаб бугеблъи»

Аварагасул  баракат щварал

ГIарабазул букIараб гIадат

Аварагасул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвараб «Нурул якъин» абураб машгьураб тIехьалъул автор МухIаммадул Хузарияс хъвалеб буго: «Къадру-къимат бугел гIарабазул гIадат букIана, жидер лъимал хахизаризе, Макка бахун къватIир, гIалхуда ругел къапилабазул руччабазухъе кьолеб.

Гьедин гьабулеб букIана лъимал цIодорал, къвакIарал, сахал лъугьинелъун. Гьез рикIкIунаан шагьаразда гIурал лъимал рукIунин гьабулеб ишалъулъ кIухIалал, нахъе ккарал, загIипалин. Кулабазда гIуразде абулаан гьел рукIунин къуватал, чIурканал ва ккараб къо борхулелин абун.

Гьединал къапилабазда гьоркьорги рукIунаан лъимал хахизариялъул рахъалъ жал реццулел, бицунеб мацI бечедал, машгьурал. Гьединазда гьоркьоса букIана Бану СагIд абураб къапилаги. Гьениса кколаан аварагасул рахьдал эбел Абу-Зуайбил яс ХIалиматги.

Кин авараг ХIалиматихъе ккарав?

Авараг гьавураб соналъ Бану СагIд абураб къапилаялдаса руччаби рачIуна Маккаялде, хахизаризе лъимал рачине.

«Далаилу Ннубуват» абураб тIехьалда, ХIалиматица абунин, хъвалеб буго: «Бану СагIд тухумалъул руччабигун цадахъ дунги, хахизабизе лъимер бачине, Маккаялде щвана. Гьеб сон букIана кутакалда ракъдалаб. Маккаялде ячIунаго дун рекIун йикIана нижер букIараб цIакъ загIипаб, хъахIаб хIамида. Гьединго цадахъ букIана рахьгицин жинца кьолареб вараниги, гьелъ нижги бищун нахъа рукIана. Хахизабизе лъимер бачине ячIаниги, дир каранда рахь хутIун букIинчIо, нижерго васги гьеб сордоялъ вакъун хутIана.

Маккаялде щведал нижер къапилаялда гъорлъ рукIарал руччабазул цонигиялъ МухIаммад , бесдалав вугинги абун, вачинчIо. Гьез абулеб букIана: «Щиб гьаб бесдаласул эбелалъ нилъее кьелеб? КъваригIун буго лъимер хахизабиялъухъ нижее гьелъул инсуца лъикIаб мухь кьезе», - ян.
Кин бугониги цадахъ рукIаразе хахизабизе лъимер щвана, дие щвечIо. Гьеб мехалъ дица росасда (ХIарис) абуна: «АллагьасхIаги, дун нечон йиго, хахизабизе лъимер щвечIого нахъюссине бокьунги гьечIо. Доб бесдалалъул эбелалъухъеги ун, гьев вас вачине вуго дица», - ян. ХIарисица абуна: «Дудаго берцин бихьухъе гьабе», - ян. Гьедин Аминатихъеги ун вачана дица МухIаммад хахизавизе».

ГьитIинав васасул баракат

Хадубги гьебго тIехьалда хъвалеб буго: «Маккаялде щведал лъалхъен гьабун букIараб бакIалде васги вачун ячIиндал дида халлъана каранде рахь бачIараблъи. ГIодойги чIун дица гьесие кьуна керен, гIорцIизегIан гьес хахидал нахъе хутIараб нижерго васасеги гIуна. Вараниялде аскIове арав ХIарисица абуна гьалъулги гъвари рахьдал цIун бугин. Хадуб, дидехун вуссун, гьес абуна: «ХIалимат, АллагьасхIаги, бихьулеб буго дуца бачараб лъимер баракатаб бугеблъи», - ян.

«Сиратул ХIалабия» абураб тIехьалдаги ХIалиматидасан бицун рехсон буго: «Маккаялдаса рачIун рокъоре щведал, бану сагIдазул щивасул рокъобе лъугьана гьайбатаб мискалъул махI. ГIадамазул ракIазулъ МухIаммадидехун рокьиги бижана, гьесул баракат бугеблъиялде къо бахъанагIан якъинги цIикIкIана. БукIунаан цонигияв унтани, гьез МухIаммад кодове восун, гьесул квер унтараб бакIалда лъолеб, Аллагьасул амруялдалъун гьелги хехго сахлъулел. Цо-цояз гьедин гьабулеб букIана жидерго варани яги чахъу унтидалги.

Цогиги, гьезие щвараб баракаталдасан букIана бекьараб хуриса хIалухъин гьарзаго бачIин, цIадал разе байбихьи, гIияда рахь гIемерлъи гIадал жалги.

ХIалиматида рихьарал гIаламатал

«Субул гьуда ва ррашад» абураб тIехьалда ХIалиматица абунин хъвалеб буго: «Дица МухIаммадихъе хахизе керен кьедал, гьес хахулаан, кIиабилебги кьуни, нахъчIвалаан» - абун. Гьелъул хIакъалъулъ гIалимзабазул цояс абуна, гьеб букIанин аварагасул рахъалдаса ритIухълъиян. Щайин абуни, гьесда лъалеб букIанин жинда цадахъ хахулев цоги вац вукIин.

«Инсанул гIуйун» абураб тIехьалъул авторасги, ХIалиматица абунин, хъван буго: «ГIабдулмутIалибица Аминатил рокъое ячун МухIаммадида аскIое щведал, гьесдаса бачIунеб букIана гьайбатаб мискалъул махI. Гьев вукIана кутакалда берцинаб гьумералъул вас. Гьесул каранда дица квер лъедал, гьев гьимана. Берал рагьун дихъ валагьидал, бадиса бачIана зодобе араб гвангъараб нур…», - ан.

ХIалиматихъ вукIаго гьитIинав МухIаммадие лъугьараб

«Далаилу ннубуваталда» рехсон буго ХIалиматица гьадин абунин: «МухIаммадица кIиго сон бараб мехалъ нижеца гьев Аминатихъе щвезавуна. Амма гьесдехун бугеб рокьиялъ ратIалъизе захIмалъун, батIи-батIиял гIиллаби рачун, гьев нижехъго теян гьарана. (Гьеб заманалда Маккаялда тIибитIун букIана захIматаб унти. Гьебги хIисабалде босун, цоги соналъ МухIаммад гьезухъ тезе разилъула Аминатгун ГIабдулмутIалиб).

Гьелдаса хадуб чанго моцI гьоркьоб араб заман букIана. ГьитIинав МухIаммад рахьдал вацгун нижер рукъалда нахъа, гIияда сверун лъугьун вукIана. Цо заманалдаса нижер вас векерун вачIана: «Дир къурайшияв вац…! ХъахIаб ретIел ретIарав кIигояв вачIана гьесда аскIоре, гIодовги вегизавун гьез гьесул чехь рагьана», - ян ахIделаго.

ХIинкъарай дун, росгун цадахъ, гьение екерана. АскIоре щведал нижеда МухIаммад , гьурмал кьерги ун, вахъун чIун ватана. Щиб ккарабин ХIарисица цIехедал, гьес бицана: «Дида аскIоре рачIана хъахIаб ретIел ретIарав кIигояв. ГIодовги тIамун гьез дир чехь рагьана ва гьениса цояб къватIибе бахъун, щибалиго жо нахъе рехана, хадуб къватIибе бахъараб жанибгоги лъуна», - ян.

Хадубккунги гьесие щиб бугониги ккезе гурин хIинкъарал нижеца МухIаммад нахъе щвезавуна», - ян. Гьединаб буго баракатав МухIаммад ХIалиматил рокъове вачIиналъул хIакъикъат. Аллагьас аварагасул r шапагIат камун нилъ къиямасеб къоялъ хутIугеги.

Мух|аммад Салманов

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Рибаялъул баркатбахъи

ХIурматиял бусурбаби, «Инсан» фондалъул баяналда рекъон, гIезегIанго дандчIвалел руго процентал кьезелъун чияхъа гIарац босарал яги банкалдасан лъикIаланго кIудияб къадар гIарцул кредиталъеги босун кIуди-кIудиял налъабакье ккун жидее кумек гьарун фондалде рачIунел гIадамал....


Аварагасул ﷺ кванай

Абу Давудица бицана ГӀаишатида гьикъанин Аварагас ﷺ пер кванаялъул хӀакъалъулъ. Гьелъ жаваб кьун буго: «Нилъер Аварагас ﷺ ахирисеб кванараб квен жинда жаниб пер бугеб букӀана», - ян. Тафсир гьабулез абулеб буго гьеб батулин белъун кванараб пер, махI букIинчIо букIине.   «Ахирисеб кванараб квен...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо       Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги....


Къабуллъизе ккани

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго Гьесда гьареян ва гьарараб къабул гьабизе бугилан. Амма бусурбанчиясул щибаб ишалъул руго шартIал, суннатал, бегьулел ва хIарамал жал.   ДугIа къабуллъиялъе руго рихьизарурал бакIал ва заман. Гьедин гьабурасул дугIа къабуллъиялде цIикIкIун хьулги...


Къецалъул хIасилал гьаруна

«Религия сегодня: Важные темы» абураб тIехьалда тIасан Казбек районалда, 7-11-абилел классазул лъималазда гьоркьоб, лъазабун букIана къец. Гьелъул хIасилал гьарураб тадбир тIобитIана Ленинаул росдал школалда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель...