Аслияб гьумералде

Ансаразул сайид

Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.

 

Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав хъвадарухъан, лъедезе лъалев чи ва лъикIав речIчIарухъан.

 

Ислам боси

СагIд ибну ГIубадаца гIахьаллъи гьабуна БайгIатул ГIакъабаялда, ансаразул 70 чияс МухIаммад аварагасе ﷺ байгIат гьабураб бакIалда.

Ислам босун хадуб СагIд ибну ГIубадаца, Мундир ибну ГIамргун ва Абу Дужанагун цадахъ, бану сагIидазул тухумалъул хъанчал риххизаруна. Гьев гIахьаллъана Бадруялъул гъазаваталда. Бадруялъул рагъулъ мугьажиразул байрахъ ГIали-асхIабихъ букIана, ансаразул байрахъ СагIид ибн ГIубадахъ букIана. Гьединго гьес гIахьаллъи гьабуна УхIудалъул ва цогидал гъазаватазда.

Зайд ибну ХIарис унтидал гьесухъе Авараг ﷺ вачIуна. Зайдил яс Аварагасда ﷺ цее гIодула ва Аварагги ﷺ гIодизе лъугьуна. Гьеб бихьарав СагIдица гьикъула: «Я, Авараг ﷺ, щиб дуе ккараб?» - ян. Гьес жаваб кьола: «Гьеб ккола вокьулев чиясул жиндие вокьулев чиясдехун бугеб хIасрат», - ян.

 

Сахаватлъи

СагIд ибну ГIубада вукIана цIакъ сахаватав чи. Гьесул сахаватлъиялъул хIакъалъулъ бицунаан халкъалда гьоркьоб.

Аварагас ﷺ Мадинаялде гьижра гьабидал СагIдица гьесие щибаб къоялъ битIулаан гьанал яги рахьдал гьабураб квен. Гьедин, СагIдил кванил нигIматазул суркIа гьоркьоса къотIичIого сверулеб букIана Аварагасул ﷺ лъадул рукъзабахъ.

 

Аварагасул ﷺ дугIа

Къайс ибн СагIдидасан бицана: «Авараг ﷺ гьезул рокъове щвезе вачIуна ва абула: «Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугь», - ян. СагIд бин ГIубадаца Аварагасул ﷺ саламалъе рагIуларедухъ жаваб кьола. Къайсица гьикъула: «Дуца Авараг ﷺ жаниве виччаларищ?» - абун. Гьес жаваб кьола: «Те, гьес нилъее цIикIкIун салам кьезе биччазе», - ян. Аварагас ﷺ нахъеги абула: «Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугь», - ян. Гьеб мехалъги СагIдица гьединго жаваб кьола. Аварагас ﷺ нахъеги абула: «Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугь», - ян, цинги нахъе уна. СагIд гьесда хадув уна ва абула: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, дида дур салам рагIулеб букIана ва дица гьелъие бигьагьабун жаваб кьуна, дуцаги нижее жеги салам кьезелъун», - ян.

Гьелдаса хадуб Аллагьасул Авараг ﷺ гьесул рокъове лъугьана. СагIдица абула какичуризе лъим босеян ва Аварагас ﷺ какичури гьабула. Гьелдаса хадуб СагIдица Аварагасухъе ﷺ кьола шафраналъул кьералъул тIад тIамулеб жо. Гьебги жиндаго тIаде рехун, Аварагас ﷺ квералги рорхун, абуна: «Я Аллагь, рещтIинабе Дурго баракат ва Дурго рахIмат ГIубайдил агьлуялде», - ян.

СагIд ибн ГIубайда дунялалдаса ватIалъана гьижрияб 23-абилеб соналъ, цогидаб риваяталда рекъон, гьижрияб 24-абилеб соналъ, ГIумар ибн ХатIабил халифалъул байбихьуда. Гьев хвана Хевроналда, Шамалъул ракьалда.

ХIафиз ибну Касирица «Бидая ва ан-Нигьая» абураб тарихалъул тIехьалда хъван буго: «СагIд ибну ГIабдулгIазизица абунин бицана: «Шамалда бусурбабаз тIоцебе бахъараб шагьар букIана Бусра, гьеб шагьаралда хвана СагIд ибн ГIубада», - ян.

Цогидаб бакIалда гьев вукъун вугин абулелги гIалимзаби руго.

Мадинаялдаса инегIан гьес васазе жиндирго боцIи-мулк бикьана. СагIд хун хадуб гьесие лъимер гьабуна. ГIумар ибн ХатIаб вачIана гьесул вас Къайсихъе ва абула гьеб лъимер хутIарал лъималазда цадахъ бутIаялда гъорлъе ккезабеян. Къайсица жаваб гьабуна: «Дица инсул васият хисизабиларо, амма дирго бутIа гьаб лъимадуе кьела», - ян.

 

МухIаммад ГIумаров

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...