Аслияб гьумералде

Бергьарав палугьан ва шайих

Бергьарав палугьан ва шайих

Машгьурав шайих, къутIбу ХIасан-афанди гьавуна гIага-шагарго 1852 соналъ (1268-1269) КъахIиб росулъ. Гьесул эбел-эмен рукIана мискинабго магIишат-яшавалъул чагIи. ХIасанил эмен хвана хIежалде ун нахъвуссунелъул Жиддаялда, вукъунги вуго гьенивго, ХIава-эбелалъул хобалдаса гIемерго рикIкIад гьечIого.

 

Эмен хведал ХIасанил тIалаб гьабуна эбел Зубайдатица, гьей йикIана кутакалда варагI цIунарай, гIамал-тIабигIат берцинай чIужугIадан.

Анкьго сон барав чи ХIасан лъугьана жинцаго тIалаб гьабун Къуръан лъазабизе, хадувккун росулъаго гIалимчи ХIасан-бегихъе хьвадун байбихьана исламиял гIелмаби лъазаризе. Гьедин, радал дарсиде хьвадун, цинги гIачи-бачазда магIарде унаан гьев. Къасиялдехун рокъове вачIаниги жиндирго гIелалъул лъимал гIадин къотIнове ун гурев, ХIасаница цIидасан хъвалаан жакъасеб дарс. Гьес кутакаб кIвар буссинабуна гIелму лъазабиялде. Кьижиги чара гьечIеб гурони гьабичIо, вегулелъулги тIад юргъанго бачIого вегулаан, хехго вахъине бигьаяб букIинелъун.

Хадубккун лъай тIалаб гьабуна жиндир заманалда рукIарал цогидалги гIалимзабаздаса.

Балугълъиялъул гIелалде вахиндал гьесул лъугьана кваридасан вилъине гьунар бугев палугьан. Гьелъие ккараб гIиллаги букIана, ХIасан гьавизе къинай йигеб заманалъ гьесул эбелалда палугьаби рихьи ва гьединавлъун вас вахъине гьелъ анищ гьаби. Гьеб гIилла сабаблъун, эбелалъул ракI бохизабиялъул нияталда, ХIасаница лъазабуна гьеб иш. Амма кин гьеб лъазабурабин абураб жоялъе баян гьечIо.

Цо нухалъ ХIасан щола КъулецIма росулъе. Кваридеги вахун, кодоб ккун тIилгун, борхун гьаракьгун ХIасаница такрар гьабулеб букIуна «Аллагь» абун. ХIасанги нахъе ун, гьелдаса хадуб заманалъ къунцIадерил гIисинал лъимал рукIуна ракьалда хIуччги цIан, «Аллагь» абун ахIулаго, хьвадулел.

Гьеб халлъула росулъе вачIарав гьоболасда ва гьес лъималазда гьикъула нужеца гьабулеб жо щибилан. Лъималаз бицуна росулъе вачIун вукIанин палугьан, квариде вахунаго «Аллагь» абун жинцаги такрар гьабулев. Жидецаги гьесда релълъенлъи гьабулеб бугин. Цинги гьоболас абула: «Гьев гIадатияв палугьан ватуларо, гьев вуго Аллагьасул ﷻ вали, гуребани, нужеца гьеб гьесда хадуб такрар гьабизе букIинчIо», - ян.

ХIасан-афанди вукIана квариде вахиндал къиямасеб къо ва СиратIалъул кьо ракIалде щун гIемер гIодулев, гьесухъ балагьун цогидазулги берал магIил цIолаан. Гьев вукIана гIодове виччарав, тамахав, хIеренав, хIалимав инсан. Гьел хасиятал сабаблъун лъун букIана гьесда «ХIилми» абураб тIокIцIарги. 

Заманалдасан палугьанлъи гьабиги тун гьев лъугьана гIелму цIализе. ЦIалулъ гьес нахъа тана цадахъ рукIарал, ракIалдасан лъазарулаан гьитIинал тIахьал, кинаб бугониги суал кьуни, жавабги гьабулаан пуланаб тIехьалъул пуланаб гьумералда хъван бугин абун.

Пуланаб росулъ гIелму цIалулев вугелъул гьев ана ГIасаса ГIабдуррахIман-хIажиясул муридасухъе дарс босизе. ХIасанида гьев вихьула рекIел зикру гьабулев. Гьелда тIасан кIиясулго хабарги ккун, муридас абула ХIасанида: «Бокьани дудаги вихьизавила мунги рекIел зикру бачиналъул макъамалде вахинавулев чи», - ян ва бицуна гьесие ГIабдурахIман-хIажиясул. Гьелдаса хадуб ХIасанил кутакаб гъира ккола ГIасаса устаргун дандчIвазе.

Къаси ХIасаница гьев шайихасдаса лъай босизе щиб маслахIат бугищали хал гьабун истихараялъул как бана. Макьилъ гьесда бихьана мажгит хъахӀаб ххамил цӀун ва какичури гьабулеб бакIалдаса мажгиталде бачIунеб букIана бацIцIадаб лъим. Цинги ХIасаница гьеб макьуялъул магӀна гьабуна жив ГIасаса шайихасул нухмалъиялда гъоркье вачӀине вукIине лъикӀаб гӀаламатлъун.

Радал хехго вахъун ХIасан ана ГIасаве. ГIабдурахIман-хIажияс гьесда дандчIвай гьабуна вохун, ракI разиго ва жиндилъго бугеб хIалги бахчичIого, абуна: «Дир гIумруялда жаниб дун гьаб къоялдаса цониги къоялъ цIикIкIун вохаравлъун вукIинчIо», - ян.

Гьедин ГIабдурахIман-хIажияс абурабги букIана, хадувккун ХIасан-хIилми жиндирго ирсилавлъун вахъине, гьес Дагъистаналда тӀарикъат цӀигьабизе, гьесул тӀахьаз тӀолабго дунялалъулго бусурбабазе кӀудияб пайда гьабизе букӀин лъаялдалъун бихьун.

Аллагьас ﷻ чIахIиял чагIазул баркат шапагIат камун хутIугеги муъминзаби!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...