Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Мадугьалзабазул лъимер...

 

Цо тIалаялъ тIадехун ругел цIиял мадугьалзабаз дун махIрум гьаюна кинаб букIаниги парахалъиялдаса. Гьезул лъимер гьоркьоса къотIичIого гIодула яги къаси цо тIубараб мехалъцин бекерахъдула, дванкола. Гьединаб хъуй букIаго хIухьбахъизе санагIалъи букIунаро. Дица гIарз бахъараб мехалъ, мадугьалзабаз абула киналго лъимал рукIунин гьединалилан абун.

 

ГI., Гъизляр

 

ГIалимчиясул жаваб

Мадугьалзабаздехун лъикIаб бербалагьи гьаби, гьез цо-цо мехалда нилъее гьарулел санагIалъаби гьечIолъабазде сабру гьаби ккола нилъер иманалъул хIалбихьи гьабилъун.

ГIабдуллагь ибн ГIумарица бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Жибрил малаикас дие гьоркьоса къотIичIого насихIат гьабуна мадугьаласдехун лъикIаб хьвада-чIвадиялъул хIакъалъулъ, хIатта дида ракIалдецин ккана гьес гьев дир ирсилавлъун гьавилин абун», - ян (Бухари, Муслим).

Мадугьалзабазе лъикIлъи гьабуралъухъ нилъее кири кьезе рагIи кьун батани, гьез гьарулел санагIалъаби гьечIолъабазде сабру гьабуралъухъ кири жеги цIикIкIараб букIуна. Гьединлъидал кIвар бугеб жо ккола, бокьараб ахIвал-хIалалда, гьоркьоблъи цIуни, захIматаб заманалда мадугьалзабазе кумек ва квербакъи гьаби.

Гьединго, кIвар бугеб жо ккола мадугьаласул адаб гьаби, гьесул миллаталде яги диналде балагьичIого. Абу-Гьурайратица бицана, Аварагас ﷺ абунин: «Валлагь, мадугьал жиндир квешлъиялдаса цIуничIев чиясул иман камиллъичIо», - ян (Бухари, Муслим).

Гьединлъидал сабруги гьабун, хIаракат бахъизе ккола мадугьалзабазда цадахъ цо нух балагьизе. Лъималазе битIараб тарбия кьейги эбел-инсул жавабчилъиялдасан ккола.

Гьеб лъимадул эбел-инсуеги батизе рес буго захIмалъи. Гьединлъидал, дагIба-рагIи гьабичIого, цадахъ рекъон цо нух балагьани лъикIаб букIина.

 

Психологасул жаваб

Гьединаб ахIвал-хIалалда рекъараб хIал батизе захIмалъула. ГIемерисел гIадамазе рахIатхвей гьабула мадугьалзабаз, хасго ремонталъулал хIалтIаби гьарулеб мехалда. Амма гьаниб лъимадул бицунеб бугелъул, рес буго дуда бугеб хIал мадугьалзабаздаги бичIчIулеб батизе, амма гьеб хисизабизе кIоларого рукIине. Гьединлъидал, хIаракат бахъе дагIба гьабичIого чIезе. ДагIба гьабуни, ахIвал-хIал жеги квешлъизе рес буго.

ХIеренго гьаре мадугьалзабазда, лъимер, къаси кватIараб мехалъ, бекерахъдизе, кIанцIезе биччагеян. ЦIакъ кIвар бугеб жо ккола ццим бахъине биччачIого кIалъай. ГIемерисел гIадамал мухъде рачIуна берцинаб каламалдалъун кIалъани.

Мадугьалзабаз дур гьари тIубанго кIвар кьечIого толеб батани, бегьула юристасда дандбазеги.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...