Аслияб гьумералде

ГIелмаби рукIана имамасухъ

ГIелмаби рукIана имамасухъ

Имам ШафигIияв вукIана гIелмаби лъазариялда гIумру тIамурав инсан. ГIелму тIалаб гьабун яги гьеб малъун имамас ХIижазалъул ракьалда щвечIеб бакI течIин абизе бегьула. Фикъгьи лъаялъул ва гьелда хурхун мазгьаб гIуцIиялдалъун машгьарув вукIаниги, ШафигIиясда лъалаан хIадис, усул, грамматика, шигIраби гIуцIи ва гьел хъвай, тохтурлъи, астрономия гIадал батIибатIиялги гIелмаби.

ШафигIиясда лъалел гIелмабазул цояб букIана чиясухъ валагьун гьев щивали лъай (физиогномика, фирасат). Гьеб гIелму лъазабизеги ШафигIияс кIудияб кIвар гьабун буго. Гьесул мутагIилзабазул цояв, ХIумайдияс абунин бицун буго: «Цо нухалъ ниж ШафигIиявгун Маккаялдаса къватIире рахъана. Нухда унаго нижеда данде ккана цояв.

Гьесухъги валагьун ШафигIияс абуна: «Гьев яги ретIел букъулев чи вуго ялъуни цIулал устар вуго», - ян. Нухлуласда аскIовеги ун дица гьесда гьикъана мун щиб хIалтIи-пишаялъул чийилан.

Гьес абуна жив цеве цIулал устар вукIанин, гьанже гьебги тун ретIел букъулев вугилан абун. Фирасат ккола чиясул гIамалхасияталдаги гьумералъул рукIкIалабазулгун къаркъалаялъул сураталда гьоркьоб бугеб хурхен хал гьабун лъазабулеб гIелму.

Цо нухалъ гьеб гIелмуялъул тIахьал цIехон ШафигIияв ун вуго Йеменалде. Гьенир ШафигIиясухъе гIезегIан тIахьал ричун росизе щун руго, цо-цоял квералъ хъванги росун руго. ХIажатги тIубан тIадвуссун вачIунелъул, сордо базе бакI балагьулаго, цо минаялде аскIове ун вуго имам.

Гьенив ватарасда гьикъун буго сордо бан кив вукIине бегьулевилан абун. Жиндир гьанив вукIине бегьулин абун буго гьев чияс. Гьев вукIун вуго цIахIилал беразул, цIутIун цебе бачIараб нодоялъул чи.

ШафигIияс бицун буго фирасат гIелмуялда рекъон гьесул гьурмахъ балагьидал, гьев кколев вукIанин гьагаб, гIантаб, къабихIаб хасияталъул чи. Амма гьев ватанин сахаватав, гьобол хирияв чийилан.

Къаси гьес квен бачIанин, рагьда бухьун букIараб рекIунеб жоялъе кIалцIиги банин, кьижизеги бищун лъикIаб рукъ бихьизабунин. Гьеб мехалда жинца пикру гьабунин фирасат гIелмуялъ гьереси бихьизабулеб бугин ва хIукму гьабунин гьелда хурхун тIахьаздаса лъазабунщинаб жо бацIцIине.

«Радал нухда вахъунелъул дица гьесда абуна нагагьлъун Маккаялде щвани, Идрисил вас МухIаммадил рукъ бихьизабейин абейин дандчIварасда», - ян. Минаялъул хважаинас абуна: «Дуда дун дур инсул лагъ абунищ ракIалде ккарав? Ялъуни дица дуе кьезе кколеб жойищ букIараб?» - ан.

БукIинчIин дица абидал, гьес абуна: «Щайха мун мухьги кьечIого унев вугев? Къаси кванаралъухъ гьадигIан ккола, хIайваналъе кьураб кIалцIухъ гьадигIан ккола, кьижун вукIараб рукъалъухъ гIадигIан ккола», - ян.

Ккараб мухьги гьесухъе кьун нухда вахъана ва гьелдаса хадуб бичIчIана фирасат гIелму гьересияб гьечIеблъи.

(«Манакъибу аш-ШафигIи»)

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2025-07-01 (МухIаррам 1447 с) №13.


Аварагасул ﷺ кьижулеб бакI

Аварагасул ﷺ бусен букIана чамасдакIалъул гъотIол тIамахалъул цIураб. Гьелъул халалъи букIана кIиго гIункьрукI ва гIеблъи букIана - цо гIункьрукI. Авараг ﷺ кIванагIан дунялалдаса рикIкIад вукIана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьуна гьаб дунялалъул хазинабазул киналниги кIулал, амма гьес къабул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Дагьал церегIан къоязда «Ас-салам» казияталъул хIалтIухъаби щвана Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъе. Гьеб буго ХIамзат-бег имамасул росу ва махщелчагIаздалъун машгьураб. Гьениса рахъана гIезегIан цIаларал чагIи, жамгIиял хIаракатчагIи. ГьоцIалъе гьабураб сапаралъул хIасилалда нижее...


ТIаса лъугьа, БетIергьан ﷻ

Арал дирго соназул, ХIисаб гьабураб мехалъ, ГIадада ун батана, ГIемерисеб замана.   БетIергьанги разиял, РасулуЛлагь вохарал, Къоял дагьал гурони, Гьенир ратулел гьечIо.   Бичас дида тIад лъурал, Паризаял какалги, Кидаго гуро гьелги, ГIужда ралел рукIарал.   Какда...


ХIалбихьизе лъугьин

Абу ГIабдуллагь МухIаммад ибну ГIали ал-ХIакиму Тирмизию вукIана бергьарав гIалимчи, Аллагь ﷻ лъаялде вахарав вали, хIадис-гIелмуялъул имам. Гьев ккола Термеза абураб бакIалдаса (гьанжесеб Узбекистан).   Цо нухалъ гьев вахъуна гIелму тIалаб гьабун къватIиве. Гьеб заманалда Тирмизи...


Свалатул гъафлат

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал, исламияб диналда жаниб бичча-бихъан тараб цониги эркенаб заман гьечIо жинда рекъараб гIибадат бихьизабун гурони. Балагьеха цо гьадинаб заманалдеги. Масала, хIалтIуда, къватIир рукIарал нилъ киналго къаси руссуна рокъоре. Гьеб букIуна гIемерисеб мехалда маркIачIул...