Аслияб гьумералде

ХIалбихьизе лъугьин

ХIалбихьизе лъугьин

Абу ГIабдуллагь МухIаммад ибну ГIали ал-ХIакиму Тирмизию вукIана бергьарав гIалимчи, Аллагь ﷻ лъаялде вахарав вали, хIадис-гIелмуялъул имам. Гьев ккола Термеза абураб бакIалдаса (гьанжесеб Узбекистан).

 

Цо нухалъ гьев вахъуна гIелму тIалаб гьабун къватIиве. Гьеб заманалда Тирмизи машгьурлъун вукIуна гIалимзабазда гьоркьов жиндирго цIодорлъиялдалъун. Бугониги гьев вукIана хIакъикъат бичIчIи тIалаб гьабизе бокьулевлъун.

Гьеб сапаралда Тирмизи дандчIвала ибну Халикан абурав, шаргIиял суалазулъ цIакъ кьварарав, гIалимчигун. Тирмизиясул машгьурлъи рагIарав ибну Халиканица пикру гьабула гьесул хIалбихьизе. Ибну Халиканица гьесда абула: «Абулеб рагIана дуда балъгоял гIелмаби лъалин. Гьединлъидал, бице ГIаршищ яги Курсищ зобалазда тIадегIан бугеб?» - абун.

Гьеб кIиялъулго хIакъалъулъ Къуръан-хIадисалда рехсей букIаниги, кинаб киб бугебали баянлъи гьечIо.

Гьесул суалалъухъги гIенеккун Тирмизица абула: «Дуца цIехолеб буго жиндилъ кIварго гьечIеб жо. ХIакъикъияб суал кколаро зобалазда щиб бищунго борхалъуда бугеб абураб жо, суал букIине рекъола рекIелъ щиб борхалъуда бугебин абураб. ГIарш буго Аллагьасул ﷻ тIадегIанлъи бихьизабулеблъун, Курс - гIелму-лъаялъул кIодолъи бихьизабулеблъун. Амма Аллагь ﷻ лъаялде вахарасе ГIаршгун Курс буго гIицIго Гьесул ﷻ рагIад», - абун.

Гьедин Тирмизияс ибну Халиканида бихьизабуна хIакъикъияб гIелму бахIсал гьариялъулъ гуреб, бичIчIиялъул гъварилъуда ва рекIел бацIцIалъиялда бараб бугеблъи.

Гьелдаса хадуб ибну Халикан суфизабазул кутакаб адаб гьабулев чилъун лъугьана.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...