«Ас-салам» – магIарул росабалъ
Дагьал церегIан къоязда «Ас-салам» казияталъул хIалтIухъаби щвана Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъе. Гьеб буго ХIамзат-бег имамасул росу ва махщелчагIаздалъун машгьураб. Гьениса рахъана гIезегIан цIаларал чагIи, жамгIиял хIаракатчагIи. ГьоцIалъе гьабураб сапаралъул хIасилалда нижее рес щвана жамгIиял хIаракатчагIазулгун гара-чIвари гьабизеги.

Дагъистаналъул кIиабилев имам ХIамзат:
ХIамзат-бег гьавуна ГьоцIалъ, магIарулазда гьоркьов гIакъил-лъиялдалъун, ритIухълъиялдалъун ва бахIарчилъиялдалъун машгьурлъарав ГIалискандил хъизамалда, 1789 соналъ. ГIалисканди вукIана хунздерил тIалъиялъул ханзабазул вазирлъун. Хасго гьес ракIбацIцIадаб хъулухъ гьабуна гIакъилав цевехъан хIисабалда ханзабазда гьоркьов машгьурлъарав ГIумма-ханасе. ГIалискандил кIудияб гьунар букIана дипломатиял ишал тIураялъулъ. ГIумма-ханасул заманаялъ гьес кIудияб хIалтIи гьабуна жиндир рахъалъан Дагъистаналъе хIинкъи букIарав персазул шагьасулгун иш данде ккезабиялъулъ. Гьелъие гIоло ханас гьесие сайгъаталъе кьуна жиндирго вилаяталдаса анцIила цо росу.
ХIамзатил тIоцевесев мугIа-лим вукIана росдал имам ГьитIинамухIаммад.
Гьелдаса хадуб, анцIила кIиго сонил гIумруялде вахарав ХIамзат инсуца гIелму цIализе щвезавуна ЧIохъе. ЧIухIараб тIимугъги ретIарав, ботIрода багьа цIикIкIараб гIантIикIа тIагъурги лъурав, бегасул гьитIинав вас цеве вачIиндал, ЧIохъ мадрасалъул мугIалимас абун буго: «Гьаб ретIа-къаялъул васас гIелму цIалиялда дир божилъи гьечIо», - ян. МугIалимасул калам рагIидал, гьитIинав ХIамзатица, къватIивеги ун чIухIараб ретIел, тIасаги бахъун, мугIалимасул гьоробе рехула ва, жанивеги вачIун, мутагIилзабазда гьоркьов гIодов чIола. АнцIила кIиго соналъ гьенивги цIалун нахъе унелъул мугIалимас гьесда абула дурго ретIел кIочонгеян. Ицица квараб тIимугъги тIагъурги, мугIалимасул сверуда чороклъи теларинги абун, ХIамзатица нахъе рехизе босула.
ХIамзат имамас гIахьаллъи гьабуна имам ГъазимухIаммадица гьарунщинал гъазаватазулъ ва бацIцIадаб диналде халкъ ахIиялъул хIалтIулъ.
1832 соналъ ГъазимухIамад шагьидлъидал, гIалимзаби ва халкъалъул церехъаби ракIарана Къорода росдал мажгиталде ва имамлъун вищана ГьоцIалъа ХIамзат-бег. Гьев гьалмагъзабигун хьвадана росабалъе, гIадамазе вагIзабигун насихIатал гьаруна, гьезда лъикIалдалъун амру, квешаб теян нагью гьабуна.

Дибирасулаев МухIаммадгIарип, ГьоцIалъ росдал будун:
Дица росулъ как ахIулелдаса батила 4-5 сон. Будунлъи буго кутакалда напс квегъулеб хIалтIи. БитIараб бицани, бигьаго букIунар рогьалил какде вахъине, хасго къад къоялъ хIалтIулевги вукIун. Амма жигар бахъулаха.
Будунлъи гьабилалде дун ракIалдаго гьечIого ккана «Ас-салам» казият тIибитIизабулеб хIалтIуде. Гьелъие ккараб гIиллалъулги бицинин. Москваялде магIишат гьабизе ине къватIиве вахъарав дида цадахъ ккана цеве нижер росулъ имамлъун вукIарав Бакълъухъа МухIаммад. Нухда унаго гьес абуна цо моцIалъгIаги исламалъе гIоло хIалтIизе бегьуларищин абун. Гьеб рагIи ккана яхIалда базабурабгIадаб жо. Щайин бегьуларебин абидал, Ростовалде рилъине кколин абуна гьес ва сверана гьенирехун. Гьенив хIалтIулаго бихьана гьеб казияталдехун бугеб къеркьейги цогидал захIмалъабиги. Гьадинищин букIараб ишиланги абун, гьаб хIалтIи тIаде босичIого толарин хIукмуги гьабун, казият тIибитIизабуна Ростовалда кIиго моцIалъ. Бихьана хIалтIи, ругьунлъана гьелде. Цинги дун витIана Адыгеялде. Гьенибги ккана батIи-батIиял лъугьа-бахъинал. Масала, цо нухалда аскIове вачIана насраниязул диналъул вакил, килисаялъул хIалтIухъан. Гьес дида гьикъана казияталъул багьа щибилан абун. Гьеб бицун хадуб, гьелдаса кIиго-лъабго нухалъ цIикIкIараб багьаги дихъе бегьулаго гьес абуна, гьаб казияталъухъ босулеб багьа дагь бугилан.
БитIараб бицани, расги бигьаго букIинчIо хIалтIи гьабизе. Кин бугониги, Аллагьасул кумекалдалъун кIиго лъагIелгIан заманалда жаниб гьабуна гьеб иш. Хадуб, квачалъул унтиги ккун тIадвуссиндал, росулъ будунлъун тана.

ГьоцIалъа ХIажиясул МухIаммад
(1888-1970)
МухIаммад ккола Хунзахъа ХIалакъав ХIажи абулев, ГьоцIалъа хъизанги гьабун гьенив чIарав чиясул вас. ХIалакъав ХIажи вукIун вуго лъикIав гIалимчи. Гьев ГьоцIалъ чIеялъе гIилла, гьениб будун-дибирлъи гьабизе ккей букIине бегьула.
ХIажиясул МухIаммад гьитIинго гIелмуялда тIадчIун, лъаралда гIамал гьабурав, тIабигIат берцинав чи вукIана. Цин росулъ инсуда цеве цIалун аслу лъуна гIелму лъазабиялъе, хадув батIи-батIиял бакIазда цIалана. Гьев цIалун вуго Гъоркьа Жунгуталда (гьесда камилго лъалаан лъарагI мацIги), амма гIемерисеб гIелму ХIариколоса МухIаммадидасан цIалун буго. ХIариколоса МухIаммад вукIана магIаруллъиялда машгьурав гIалимчи, ХIасан-апандияс (къ.с.) гIелму малъиялъе ижаза кьурав, живги Хунзахъ махIкаматалъул бетIерасул наиблъун хIалтIарав. МугIалимасул баракаталъ батизе бегьула ХIажиясул МухIаммад гьитIинго тIарикъаталде лъугьана. Гьесул тIоцевесев устар вукIана ХIасан-апанди (къ.с.).
МухIаммадрасул ГIумаровасул
хъвай-хъвагIаяздаса

Камалудин ХIамзатов, «Ас-саламалъул» вакил:
- Цебе нижер росдае казият хъваялъе бихьизабураб къадар букIана 150 экземпляр. Нижер росу бихьизе кIудияб бугониги, гIадамал дагьлъун руго. Ахирал соназда хъвалеб буго 250 газета.
- Казияталъул хIалтIи гьабизе кин ккарав?
- Нижер росулъ «Ас-саламалъе» хIалтIи гьабулаан цеве вукIарав имамас. Гьесие кумек букIинин абун дица байбихьана гьеб иш гьабизе. Цинги заман арабгIан тIубанго дида тIаде бачIана гьеб.
АлхIамдулиллагь, казият хъвайин абидал гIадамазул букIунеб берцинаб калам. Сонал анагIан гIадамазда бичIчIулеб буго гьелъул бугеб кумек. Ресалда ругез цIикIкIунги гьабула подписка, гьединал экземплярал нижеца рес гьечIезе кьола ва къватIир ругезеги ритIула.
Нижер гьанир руго гIезегIан гьалбадерил рукъзал. РачIуна къватIиса чагIиги. Гьезул щивасул рокъобе щвезабула казият, бокьарав чияс цIализе букIине. Школалъул мугIалимзабазги гьабула подписка. Ингилис мацIалъул вукIарав учителас хъван буго жиндиего гьеб мацIалдаги газета.
Газета бачIараб мехалъ щвезабула щивав авалалда вугев вакиласухъе. Нижерго авалалда бикьизе ругьун гьавун вуго дирго гьитIинав вас. Гьеб иш кIудияв васасги гьабулаан, гьанже гьев мадрасалда цIалулев вуго. Дун гьечIеб мехалъ васас щвезабула авалалда ругезухъе казият. Дирго вас гIадинал жеги лъабгоялги руго кумек гьабулел.
- «Ас-саламалъул» гуреб цоги дурго гьабулеб хIалтIи-пиша щиб бугеб?
- Дица рес рекъарал хIалтIаби гьарула. Цере, мастерскаялда сувенириял хIалтIаби гьарун, гьел росулаан Москваялде, гьеб гьунар дихъе щвараб букIана умумуздасанго. Гьал ахирал соназ хаслихъе цIани хъун гьезул гьан бичула, наял гIезарулев гьезда сверун лъугьунги вукIуна.

Шамильов МухIаммадрасул, ГьоцIалъ росулъ вугев «Инсан» фондалъул вакил:
ГIезегIан сонал руго дица гьаб хIалтIи нухда бачунеб бугелдаса. Цересел соназ росулъ ругел язихъал гIадамазе кванил нигIматал ва цогидаб бачIунаан. СВО байбихьаралдаса гьенир ругезе кумек гьабулеб буго росдацаги. Дунго росулъ вугев чи вугелъул, гIадамазул яшав бихьула ва лъала. Дие кумек гьабула дир хъизан ПатIиматицаги. Гьей хIалтIулей йиго школалда. ТIаде балагьун дагьабниги жагъалаб куцалда ретIел-хьит бугеб лъимадуе гьабула кумек.
Нижер сияхIалда рукIарал цо-цоял нахъе рахъана, жидеего яшав гьабизе бажари гIолеб букIиналъ. Гьединазе нижеца махщел ва хIалтIи балагьун босана тIагIел-алат ва гьезухъа бажарана жидеего магIишат гьабизе.
ТIабигIияб яги цогидаб балагьалде ккаразеги кумек гьабула.
Нижерго росдае хIажаталдаса тIокIлъараб районалъул цогидалги росабалъеги битIула.

ПатIимат, МухIаммад-расулил хъизан ва росдал школалъул учитель:
- Бокьилаан лъазе мун кин ккараяли лъималазе лъайгун тарбия кьеялъулаб хIалтIуде?
- Эбел-инсуца бицунаан, гьитIинаб мехалдаго, кьер гьабун хьиталги сокIкIон, гьезул щибалда цIарги лъун, гьезие дарс кьолей йигинги абун, хIалей ятулаанила дунилан абун. Школа лъугIидал педучилищеялде цIализе лъугьана. Гьеб лъугIаралдаса нахъе, гьале 30 соналъ хIалтIулей йиго мугIалимлъун.
- Цебе букIаралде дандеккуни, гьабсагIат щиб даражаялда бугеб лъималазул цIали?
- БитIараб бицани, кIудияб батIалъи буго. Лъималазул цIали умумузеги хIажат гьечIо, лъималазги гьелде абизегIанасеб кIвар кьоларо. Гьедин бугониги кIвараб хIаракат бахъулаха бажарараб иш гьабизе.
Гьаб заманалда лъималги загIипал ва унтарал руго. Эбел-эменги регIулел гьечIо гьезие тарбиягун лъай кьезе.
- Дурго васасул хIакъалъулъги бицани бокьилаан.
- Нижер вас, гьитIинаб къоялдаса нахъе машинабазул, техникаялъул гурони мацI лъаларев жо вукIана. ЦIализеги гьелъиего цIалана. Санкт-Петербургалда хIалтIулев вукIаго, машина бачине ихтияр кьолеб документалдаса махIрум гьавун вукIана. Амма гьеб гьечIониги машина бачунев ватун, тамихIалде цIан вукIана. Цинги гIарзаги кьун ун вуго СВОялде. Нижедаги нахъа гурони гьеб лъачIо. Гьениб гIемер заман балалдего Аллагьасул къадаралде щвана. Мун щай гьениве аравин цIехедал, гьес абулаан бихьинал ине кколеб бакI букIиналъ анин абун.
Нижер буго рагъда ругел васазул улбузул жамгIиятги. Дун ккола нижер районалда йигей гьезул куратор. Нижер районалдаса СВОялда хвана 32 гIолилав. Гьезул хIакъалъулъ тIехьги хъвалеб буго нижеца. Районалъул нухмалъиялъги бажарараб кумек-квербакъи гьабула, Аллагь разилъаги гьездаса.

Дагъистаналъул мустахӀикъав художник СултIанахӀмад МухIамадгIалиев (гьавуна 1951 соналъ) ккола гӀарцул тIагIалаби гьариялъул махщел камилав устар.
Гьес гьарула хунжрузул лъелал ва батIи-батIиял накъищал тIад кьабурал гIертIал, баргъичал, кIилкIал, курхьенал.
ГьоцIалъ художествияб фабрика (халкъияб махщелчилъиялъул артель) гӀуцӀана 1958 соналда. Заманалдасан комбинат лъугьана Дагъистаналъул декоративиябгун прикладнияб искусствоялъул центразул цояблъун.
ГьитIинаб къоялдаса нахъего СултIанахIмад машгъуллъун вукIана суртал рахъиялде. АнцIго класс лъугIарав гьев, художник хIисабалда, махщел камил гьабизелъун, комбинаталъ степендияги чIезабун витIана Костромаялъул художествияб училищеялде цIализе. 1973 соналъ цIализе лъугьана Дагъистаналъул пединституталъул художествиябгун графикияб факультеталде. Гьеб лъугIидал, гьенивго хIалтIана дагьабго мехалъ. Цинги МахIачхъаялда рагьана «Московский научно-иследовательский центр художественных промыслов» абураб идараялъул филиал. Гьенив хIалтIулаго вачIана росулъе ва комбинаталъул нухмалъулевлъун тIамуна.

Жакъа гьев хIалтIулев вуго жиндирго рокъоб гьабураб цехалда. Гьединго СултIанахIмад ккола росдал жамагIатчи ва авал-мажгиталъул будун. 59 сонил ригьалде вахиндал байбихьана Къуръан цIализе лъазабизе.
ГьоцIалъ росдал тарихалъул цIехедал, СултIанахIмадица бицана: «ЧIахIиял чагIаз бицуна ГьоцIалъ росу 23 батIи-батIияб бакIалдаса рачIарал гIадамаз гIуцIараб бугин абун. ГьоцIалъ абураб цIарги бачIун буго «ГIуцIалъ», «ГьецIо», ай чIахIиял ганчIал абураб рагIудаса», - ян.
Валиев Шамильил, цеве росдал вукIарав бегавул
- Шамиль, ахираб заманалда гIемерав чи, хасго гIолилал, гочунел руго шагьаразде. Дуца щиб абилеб?
- Щивав чиясул жинди-жиндир иш букIинарищха. Амма дида ккола гьабизе бокьарав чиясе росулъги гIураб хIалтIи бугин абун. Дица найихъанлъи гьаби тIаса бищана. Гьединго гьабил ишги тIаде босана.
- Гьобо хIалтIизабиялдаса ва найихъанлъиялдаса щолеб хайирго букIунищ?
- ТIоцебе гьобо нижеего гьабун букIана. Хайир гьабизе къасдги букIинчIо. Гьелъие заманги гIолеб гьечIо. Васалги хIалтIулел руго. Найихъанлъи буго, маялдаса бахъараб август моцI лъугIизегIан, чIечIого хIалтIи гьабизе кколеб иш. Найихъанлъи гьабулаго 12 сон балеб буго дица. РакIбацIцIадго гьабуни, баракат бугеб жо буго гьеб.
- Мун вукIанаха цеве вукIарав росдал бегавул. Гьеб захIматаб хIалтIи бугищ?
- Щибго захIмалъи букIинчIо. ЖамагIаталда бараб гIемер букIуна. Дун вукIараб заман расги бигьаяб букIинчIо. Кин бугониги Аллагьас ﷻ цIунана. Халкъалъул кумекалдалъун вагьабиязде дандечIунги бажарана.
- «Ас-салам» казият гьоркьобккун щиб абилеб?
- ТIоцебе бокьун буго муфти-кIудиясе баркала кьезе. Гьес витIун вачIана ГIусманов Шамиль нижер росдае имамлъи гьабизеги. Дагьаб заманалда жаниб цIакъ кIудияб пайдаги ккана росдае, исламалъул рахъги гIемерго цебетIуна.