Аслияб гьумералде

ТIаса лъугьа, БетIергьан ﷻ

ТIаса лъугьа, БетIергьан ﷻ

Арал дирго соназул,

ХIисаб гьабураб мехалъ,

ГIадада ун батана,

ГIемерисеб замана.

 

БетIергьанги разиял,

РасулуЛлагь вохарал,

Къоял дагьал гурони,

Гьенир ратулел гьечIо.

 

Бичас дида тIад лъурал,

Паризаял какалги,

Кидаго гуро гьелги,

ГIужда ралел рукIарал.

 

Какда хадур гьарулел,

Гьарун ккечIо азкарал.

Рамазаналъул кIалал,

КIвечIо тIуран кквезеги.

 

ХIежгун гIумра гьабизе,

ГIамал дица гьабичIо.

ГIарац гIолеб гьечIилан,

Гьелъий гIилла батана.

 

Къарумаб гIамал букIун,

БоцIул закат бахъичIо.

Садакъа кьолелъулги,

Сородана дир кверал.

 

БачинчIеб зикруялъухъ,

БитIичIеб свалаталъухъ,

ТIурачIел суннатазухъ,

Ссудулеб ракIги буго.

 

Гьанже херлъунги вуго,

Хвел гIагарлъунги буго,

РакIги къваридго буго,

Къоял анин лъачIого.

 

ЛъачIого биччан тараб,

ГIададаго замана.

ГIодун магIу тIуниги,

ТIадбуссун бачIинаро.

 

Кинниги дирги тавбу,

ГурхIулев Аллагьасде.

ГурхIел дие гьабилин,

ХIисабалъул къояца.

 

Къадирасул рахIмат лъун,

РахIманасул цIоб рещтIун,

ЦIадираби бакIлъилин,

ЛъикIал гIамалаздалъун.

 

БетIергьан, Мун цо вукIин,

Цойги гIахьалчи гьечIев,

Гьелда ракIги чIезабун,

НугIлъи гьелъий гьабула.

 

Халкъалда дин малъизе,

Илчилъун жив витIарав,

Авараг МухIаммадин,

ИгIтикъад дир щулияб.

 

Дуе тIагIат гьабизе,

Вижарав загIипав лагъ,

ЗагIипаб гIамалалда,

ТIаса лъугьа, БетIергьан.

 

ГIибадат дагьлъунги ккун,

ЧIового хутIарав дун,

ГIарасат майданалда,

Басра гьавуге, Аллагь.

 

Гьари дидасан буго,

ГурхIел Дудасан буго.

ГурхIа РахIманин абун,

АхIдолеб ракIги буго.

 

Дагьабго бугониги,

Гьабураб дир гIибадат,

Дуца камилги гьабун,

Къабул гьабе, БетIергьан.

 

МухIаммад Ражабов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...