Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ кьижулеб бакI

Аварагасул ﷺ кьижулеб бакI

Аварагасул ﷺ кьижулеб бакI

Аварагасул ﷺ бусен букIана чамасдакIалъул гъотIол тIамахалъул цIураб. Гьелъул халалъи букIана кIиго гIункьрукI ва гIеблъи букIана - цо гIункьрукI. Авараг ﷺ кIванагIан дунялалдаса рикIкIад вукIана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие кьуна гьаб дунялалъул хазинабазул киналниги кIулал, амма гьес къабул гьаричIо ва ахират тIаса бищана. Аллагьас ﷻ гьесие амру гьабуна дунялалъ гуккизе чIогеян ва гIумру тIамизе хIажат бугеб гурони босугеян.

 

ГӀаишатида гьикъидал Аварагасул ﷺ бусен кинаб букӀарабин абун, гьелъ абуна: «ЧамасдакIалъул гъотIол тIанхазул цIураб букIана», - ян.

ГӀаишатидасан бицана гьелъухъе ансариязул цо чӀужугӀадан ячӀанин. Гьелъ бихьула Аварагасул бусен, цинги бачIула квасквасалъул гьабураб. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Нахъбуссинабе, я ГӀайшат, дие бокьун букӀарабани, ТӀадегӀанав Аллагьас амру гьабилаан меседил ва гӀарцул мугӀрул дида цадахъ рукIине», - ян

Аварагасул ﷺ лъади ХӀафсатида гьикъидал Аварагасул ﷺ бусадул хIакъалъулъ, гьелъ жаваб кьола: «Гьесул бусен букIана чамасдакIалъул тIанхазул цIураб тIомол. Цо нухалда дица абуна ункъиде чIвани дагьаб хӀеренаб букӀинаанин абун. Гьедин нижеца гьеб ункъиде чIвана. Рогьалилъ гьес дида гьикъана: «Щиб дуца гьабураб?» - ян. Дица абуна: «Гьаб букӀана дур гӀадатияб бусен, нижеца гьеб ункъиде сукIана, хӀеренаблъун букӀине», - ян. Цинги гьес дида абуна: «Цебе букӀараб куцалъ гьабе, щайгурелъул, гьелъул хIеренлъиялъ дун къаси тагьажуд как базе вахъине квалквал гьабуна», - ян.

Авараг ﷺ гӀемерисеб мехалда къвакIараб жоялда тӀад кьижулаан.

ГӀабдуллагь ибн МасгIудидасан бицана: «Дун Аварагасул рокъове лъугьана ва дида бихьана гьеб рукъ хӀанчӀил рукъалда релълъараб букӀин. Гьесул хьалбазе асар лъугьун букIана кьижулеб бакIалъул къвакIлъиялъ», - ян.

Цинги Ибну МасгIуд гӀодидал, Аварагас гьикъула, щай гӀодулевилан абун. Гьес жаваб кьола: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, Персиялъулги румазулги ханзаби лъикӀаб бусада тӀад кьижун руго. Ва мун кьижула къвакIараб бакIалда. (Мун вуго махлукъаталъул бищун лъикӀав ва Аллагьасул Расул ﷺ, гьел руго капурзаби)», -ян. Аварагас абула: «ГӀабдуллагь, мун гӀодуге, гьезие гьаб дунял буго, нилъее хадусеб дунял (Ахират) буго», - ян.

 

Шамиль МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...