Аслияб гьумералде

Дипломатия ва диназда гьоркьосеб хурхен

Дипломатия ва диназда гьоркьосеб хурхен

Къурайшиязулгун Эфиопиялъул ханасул ккараб гара-чIвари, гьижра гьаби ва исламалда бусурбабазул тIоцебесеб дипломатикияб хIалбихьиялъулаб къиса

 

 

Исламалъул тарихалда бусурбабаз тIоцебесеб гьижра гьабураб бакI ккола Эфиопия. ТIоцебе гьижра гьабуразулги вукIана 15 чи: 10 бихьинчи ва 5 чIужугIадан. Гьеб букIана 615 соналъул ражаб моцI, МухIаммадихъе ﷺ авараглъи кьун хадуб заман. Гьел бусурбабазул къокъаялъул цевехъанлъунги вукIана ГIусман ибну МазгIун абурав асхIаб. 

 

Цин Маккаялдаса Эфиопиялде, хадуб Мадинаялде бусурбаби гочиналъе гIилла букIана, Маккаялда гьезие рахIатбахъи гьаби, цо-цоязе гIазаб-гIакъуба кьолеб букIин ва диниял тIадкъаял тIуразе кIолеб букIинчIолъи.

Капурзабаз муъминзабазе цIакъго зулму гьаби, гьезие гIазаб кьей, гьел чIвай, ислам тIибитIиялъе рес бугебщинаб рахъалъе квалквал гьаби байбихьидал, Аварагас ﷺ бусурбабазде амру гьабуна Эфиопиялде гочайилан. ГурхIел-рахIмуялъул цIураб ракI букIиналъ, Аварагасда ﷺ Маккаялда гьезие букIараб хIал хIехьезе кIвечIо.

Гьижра гьабиялъе Эфиопия тIаса бищунги букIана, гьелъул хан (АсхIамат ибну Абжар, Нажаши абун тарихалда жив машгьурлъарав) вукIиналъ насранияб дин гьабулев ва ритIухълъиялъул рахъалъ цIар арав чи. Аварагас ﷺ асхIабзабазда абуна: «Нуж Эфиопиялъул ракьалде ани, гьенив нужеда ватила жиндир тIалабазда ругезда лъицаниги зулму гьабуларев хан. Жеги, гьениб ханлъи гьабула ритIухълъиялдалъун ва гIадлу-низамалдалъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цогидаб хвасарлъиялде нух бихьизабизегIан нуж гьенир рукIа», - абун.

Лъабго моцI Эфиопиялдаги бан, бусурбаби тIадруссана Маккаялде.

МухIаммадиегун ﷺ асхIабзабазе мушрикуназ гьабулеб букIараб гIазаб-гIакъуба кьей вахIшилъидал, Аллагьасул Расулас ﷺ цIидасан амру гьабуна бусурбабазде кIиабилеб нухалъги Эфиопиялде гьижра гьабейилан. Гьеб нухалда гьижра гьабуразда гьоркьов вукIана гIага-шагарго 83 бихьинчи ва 18 чIужугIадан. Гьеб нухалъ бусурбабазул къокъаялъе нухмалъи гьабуна Абу ТIалибил вас ЖагIфарица.

Бусурбаби ХIабашаталде гочин лъайдал, къурайшиязул капурзабаз чагIиги ритIун, гьениб гIуцIула жидерго посольство. Гьезул делегациялъе нухмалъи гьабулел рукIана Маккаялдаса хIалбихьи ругел дипломатал ГIамр ибну ГIас ва ГIабдуллагь ибну Абу РабигIа. Гьез цадахъ росун рукIана ханасе ва гьесул сверухълъиялъе кьезе къиматал сайгъаталги.

Жидеца бицунелда Нажаши божизелъун, бусурбабазда хурхун къурайшияз церелъурал суалал рукIана:

– жидерго умумузул динги тун гьел муртадлъи;

– гьез исламияб динин абулеб, насраниязе данде кколареб, ГIисал дин хIакъир гьабулеблъун бугин абураб лъазаби;  

– ХIабашаталда бугеб гIодобе биччаялъе гьездаса хIинкъи бугин бичIчIизаби. 

РитIухълъиялъул рахъалъ цIар арав ханас инкар гьабула бусурбабазул гIахьаллъи гьечIого маккаялъулаз бицунелда божун хIукму къотIизе ва гьенире ахIула бусурбабазул мугьажирзаби.

Нажашица гьезда цIехола: «Умумузул диналдаса инкарги гьабун, дир динги къабул гьабичIого, нужеца бицунеб гьаб цIияб дин щиб?» - абун.

Бусурбабазул рахъалдасан суалазе жавабал кьола ЖагIфар ибн Абу ТIалибица.

Гьениб ЖагIфарица абула:

– ХIурматияв хан, цебе ниж рукIана жагьилаллъун, лагълъи гьабулаан хъанчазе, хвараб жогицин кванилъ хIалтIизабулаан, бикъа-хъами, чIвай-хъвей, зиначилъи гьаби гIадал хъубал жалазда гъорлъ рессарал, гIагарлъиялъулгун бухьенал къотIулел, мадугьаллъигун дагIба-рагIи гьабулел, хIал бугес загIипасда зулму гьабулеллъун.

Гьеб кинабго букIана Аллагьас ﷻ нижедаго гьоркьоса Расул нижехъе витIизегIан. Гьев чиги вуго МухIаммад ﷺ, живги къадруяб наслуялъул, ритIухълъиялъул, аманат тIубазабиялъул ва хIарамлъиялдаса рикIкIадав вукIин нижеда лъалев.

Гьес ахIана тавхIидалде, Аллагьасде ﷻ, умумуз къадру гьабун жидее лагълъи гьабулел рукIарал ганчIалги хъанчалги тун, гIицIго Гьесие ﷻ гIибадат гьабизе. Гьес нижеда амру гьабуна битIаралдалъун хIакъикъат бицине, аманат гьабураб нахъбуссинабизе, гIагарлъиялъулгун бухьен цIунизе, мадугьалзабигун гьудуллъиялда гIумру гьабизе, би тIеялдаса ва киналго хIарамал ишаздаса рикIкIалъизе.

Гьес ниж нахъчIвалел руго зина гьабиялдаса, гьереси бициналдаса, бесдалазул боцIи-мулк бикъиялдаса, рацIцIадал руччабазда гьерсал рицун бугьтан лъеялдаса. Амру гьабулеб буго, цоги чи гIахьал гьавичIого, гIицIго Аллагьасе ﷻ лагълъи гьабизе, щибаб къойил как базе, боцIудаса закагIат кьезе, кIал кквезе.

Нижги гьесда божана, нахъги рилълъана, Аллагь ﷻ разилъиялъе гIоло цохIо Гьесие ﷻ гIибадат гьабизе лъугьана ва Гьес ﷻ гьукъараб рехун тана, изну кьураб нухлъунги ккуна.

Гьеб сабаблъун нижер къавмцояз байбихьана нижедехун тушманлъи гьабизе, гIазаб кьезе, ниж цIияб диналдаса рикIкIад гьаризе, Аллагьасе ﷻ гьабулеб бугеб гIибадатги тун цIидасан хъанчазе лагълъи гьабиялде тIадруссинаризе. ТIалаб гьабулеб букIана нахъегIанал, къабихIал ишал мекъаллъун гьечIинги чIезабун, гьезде руссине, хIарамал ишал гьаризе. Гьеб зулму-хIал гьаби цIикIкIараб мехалъ, дур рахъалдасан нижее зулму гьабизе лъиениги дуца биччаларин абураб хьулалда, нижги дур улкаялде гочана, дур цIуниялда гъоркь чIун мун киназдасаго тIаса вищана», - абун.

Нажашияс цIехола, БетIергьанас ﷻ нужер аварагасухъе щибго рещтIанищ абун. Жаваб гьабун ЖагIфарица гьесие цIалана сурату «Марьям». Гьеб рагIидал ХIабашаталъул хан, бадиса чваххараб магIица мегеж биччуледухъ гIодана. Цинги гьес абуна: «Нужеца цIаларабги ГIиса аварагас бачIарабги цого бакIалдаса рачIунел нурал руго», - абун.

Гьеб мехалда мушрикиназул къокъаялъулаз ханасда абула гьез ГIиса аварагасул хIакъалъулъ къабихIал жал абулин, гьечIел харбал рицун бугьтанал лъолин абун.

Бусурбабаздехун вуссун Нажашияс цIехола: «ГIиса аварагасул хIакъалъулъ щиб абулеб нужеца», - ян. ЖагIфарица абула: «Гьесул хIакъалъулъ нижеца абула Аварагас ﷺ нижеда малъараб: «ГIиса ккола Аллагьасул ﷻ лагъ, расул, Гьесул ﷻ Калам (Аллагьасул калам гIадамазухъе щвезабурав) ва Марямил вас, Аллагьасул ﷻ амруялдалъун эмен гьечIого гьелъ гьавурав», - ин.

Гьеб мехалъ ханас ракьалда хъат кьабула, гьитIинаб гIочIол кесекги кодобе босун, абула: «АллагьасхIаги, нужеца ГIиса аварагасул хIакъалъулъ бицана бугеб жо, бицунелъулъги хIакъикъаталдаса гьаб гIочIол къадаралъги доре-гьанире инчIо», - абун.

Хадуб Нажаши къурайшиязул къокъаялдехун вуссана ва абуна, нуж тIадруссайин нужерго ракьалде ва: «ТIадегIанав Аллагьас дун ханлъун гьавураб мехалъ, Гьес ﷻ дихъа ришватал росун рукIинчIо, гьанже нужехъайищ дица гьел росизе ругел?» - анги абулаго, амру гьабуна гьез рачIарал сайгъатал тIадруссинаризе. Бусурбабиги гьесул пачалихъалда хутIана щибго къварилъи гьечIого.

Гьеб лъугьа-бахъиналдалъун байбихьана исламияб дипломатия ва диназда гьоркьосеб диалог цебетIезе.

 

АхIмад Къурбанов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...