Аслияб гьумералде

Шамаилал сунда абулеб?

Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин абун.

 

Гьев ﷺ сабаблъун нилъ киналниги умматаздаса бищун лъикIаллъунги гьаруна. Гьединго, Авараг ﷺ сабаблъун нилъее гIемерал нигIматалги щвана. Гьединлъидал нилъее рекъола гьесдаса ﷺ мисал босизе ва гьесул гIумру лъазабизе.

Аш-шамаил ккола инсанасул сипат-сурат, гIамал-хасият, гIадатал, хьвада-чIвади, гIамал-хасият баян гьабулеб гIелму. Амма Аварагасул ﷺ хасиятазул бицунаго, гIалимзабаз гьеб гIелму гIунтIизабула хасгьабун Аварагасде ﷺ.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие ﷺ кьуна лъикIаб гIамал-хасият, тIадегIанал сипатал, адаб, тIолабго инсанияталъе камилав мисаллъун гьавуна. Гьеб якъинго хъван буго Къуръаналда: «ХIакълъунго, Аварагасулъ ﷺ нужее буго лъикIаб мисал», - ян (суратул «АхIзаб» 21 аят).

Ибн Касирица жиндирго машгьураб тафсиралда хъвалеб буго гьеб аят бугин муъминзабазе рагIулъги, гIамалалъулъги, бербалагьиялъулъги Аварагасда ﷺ хадур рилълъине бищунго кIудияб кьучIлъун.

Амма гьесдаса ﷺ мисал боси ва гьесул ﷺ нухдасан хьвади аш-Шамаил абураб гIелму лъаялда хурхараб буго. ХIасил, нилъеда лъаларев чиясдаса мисал босуларо гьесул гIумруялъул тарихалъулги, лъикIал хаслъабазулги цIех-рех гьабичIого.

Гьеб гIелмуялде гIемераб кIвар кьуна гIалимзабаз, гьелда тIасан гIемерал тIахьалги хъвана. Гьелъ бихьизабула Шамаил абураб гIелмуялъул бугеб кIвар. ГIалимзабаз тIахьал хъвана хасаб мурадгун, ай гьездаса нилъее пайда щвезе ва гьелдалъун гьесдехун ﷺ нилъер рокьи щулалъизе.

Рокьи жагьиллъиялдаса бижулеб жо гуро. Нилъеда лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагасул ﷺ гIумруялъул гъваридго ва кIвар кьун лъазабураб мехалъ унго-унголъунги бичIчIизе байбихьула гьесул бацIцIалъи, лъикIлъи, сабру, гIакъиллъи. Гьесул ﷺ гIамал-хасиятгун нилъер лъай-хъвай цIикIкIанагIан рекIелъ гьесдехун ﷺ бугеб рокьи цIикIкIунеб букIуна. Хадуб гьеб рокьиялъ, жиндирго иргаялда, нилъ рачуна гьесул ﷺ нухдасан ине, гьесул ﷺ суннат кквезе ва гьесда ﷺ релълъун рукIине.

Гьединлъидал нилъер мурад буго рагIа-ракьанде щун гьесул ﷺ гIумру лъазаби, гIамал-хасияталдаса мисал боси, гьесул ﷺ малъа-хъваял нилъерго гIумруялъулъ хIалтIизаризе хIаракат бахъи.

Аварагасул ﷺ хасияталъул ва гIумруялъул хIакъалъулъ бицунел тIахьал жеги гIемер руго, масала, имам Тирмизил «Аш-Шамаил МухIаммадия», имам Къази Иязил «Аш-Шифа», ал-КъастIаланиясул «Аль-Мавахиб ал-Ладунийя», ибн ХIажар Гьайтамил «Ашрафул васалил иля фагьми шамаил» ва гьел гурел цогидалги.

ХIадисазул тIахьазул аслиял мурадазул цояблъун ккола МухIаммад аварагасул ﷺ бицин. Гьеб баян гьабуна хIадисазги. Гьелда гIажаиблъизеги кколаро, асхIабзабиги сундулъго Аварагасда ﷺ релълъун хьвадулел рукIана ва кинабго нилъехъеги щвезабуна. Гьезда бичIчIана гьесде ﷺ бугеб рокьи унго-унгояб гIибадат букIин.

Масала, Аварагасул ﷺ хъабхъиде бугеб рокьи бихьидал, Анасица абула: «Гьеб къоялдаса нахъе дие хъабахъ бокьана», - ян. Бищунго гьитIинаб жоялдацин гьезул мутIигIлъи бугони, щиб абилеб шаргIалъул амруяздехун букIараб гьезул бербалагьиялда. Гьел, щаклъи гьечIого, кIудияб жигар бахъун нахърилълъана Аварагасул ﷺ суннаталда.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...