Аслияб гьумералде

ГIумруялде рагIад рехулеб буго

ГIумруялде рагIад рехулеб буго

ГIумруялде рагIад рехулеб буго

БухIула, цIорола каранда дир ракI,

Кутакаб хIинкъиялъ цIорозаюла.

ГIодула, чвахула гIаданир берал,

Гьанже щиб босун дун нухда яхъиней?

 

Гьанже дир гIумрудул рагIаллъиялде,

РагIад рехун буго, бакъ унеб буго.

Ине хIадурлъулеб халатаб сапар,

ТIад чи вуссунареб хIинкъараб буго.

 

ХIалихьатаб черхалъ гIамал гьабичIин,

Гьанже гIодун хайир дие ккеларо.

КигIан юхIаниги ва цIорониги,

ЦIарал къоял индал гьаний теларо.

 

Тохлъукье вачIунев дов ГIизраилас,

Салимат, дун щванин лъазе гьабила.

Гьоркьов чи толарев, гурхIелги гьечIев,

Кинаб сипаталъдай дихъе вачIина?

 

Дуе гIумруялъул къоял лъугIанин,

ЦIалаца юхулеб рокъой йилъаян,

ЛъикIабги квешабги дуца гьабураб,

Дуйго батулелъуй щваян абила.

 

Бакъвараб гъотIода тIамах баларо,

ТIадбуссун гIумруги дие щвеларо.

Кинниги дир гьари, диналъул агьлу,

Гьабураб-таралда нуж тIаса лъугьа.

 

Мунагьал гIемерай лагъ йигин, Аллагь,

РухI бахъулеб гIужалъ мун гурхIагиха.

Дудаса нечараб хIал бугониги,

Я РахIману РахIим, мунагьал чуре.

 

Салимат Шабанова,

НакIикь росу, Шамил район

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...