Аслияб гьумералде

Хадусебги рамазан бачIун бихьаги

Хадусебги рамазан бачIун бихьаги

Хадусебги рамазан бачIун бихьаги
Баркула хирияб гlидалъул байрам,
Цадахъ рохел босун нилъехъе щвараб.
Гьабураб гlамалги ккурал кIалалги
Къабул гьарун Алжан нужее щваги.
Щун бачlараб гlурул къатlраби рикlкlун
Кьеги нужей кири, Аллагь разилъи.
Къиямасеб къоялъ шапагlат щваги,
Кавсарул лъим гьекъон, къечги буссаги.
Щибаб хlухьел рикlкlун даража щваги,
Садакъаги нужер къабул гьабеги.
Гlадатал рехун тун, абураб гьабун,
Битlараб нухдаса нуж таругеги.
Хадусеб рамазан бачlун бихьаги,
Лъикlаб гlамал гьабун гьеб тlобитlаги.
Араб хирияб моцl мунагьал чурун,
Рацlцlад нилъги гьарун араб батаги!

ХАДИЖАТ ХИЗРИЕВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...