Аслияб гьумералде

Рецц Аллагьасе ﷻ

Рецц Аллагьасе ﷻ
АлхIамдулиллагь, Аллагь ﷻ, Дур баракаталдаса
Нижее кьурабщинаб лъикIал нигIматаздаса,
Бусурбанаб диналъулъ рижун ратиялдаса,
ХIабибасул умматалда гъорлъ гьариялдаса.
Дуца кьураб гIакълудухъ, чорхой кьураб сахлъидухъ,
Беразул канлъиялъухъ, гIундузда рагIиялъухъ.
ХIатIил, кверзул сахлъидухъ, кваназе квен щвеялъухъ,
Кварабщинаб регьиндал, АлхIамдулиллагь, Аллагь ﷻ.
ХIухьел цIазе гьавадухъ, хинлъи кьолеб бакъалъухъ,
Къаси канлъи бихьизе бугеб шагьри-моцIалъухъ,
ГIорцIизегIан гьекъезе, рацIцIалъиги цIунизе
Дуца кьураб лъималъухъ, АлхIамдулиллагь, Аллагь ﷻ.
Лъимал-хъизан щвеялъухъ, хIалалай лъадиялъухъ,
Эбел-инсул сахлъидухъ, гьел чIаго ратиялъухъ,
Дуца нижее кьураб исламияб лъаялъухъ,
Лъалареб жо гьикъизе ругел гIалимзабазухъ.
Хасго тIарикъаталъул хIакъал муршидзабазухъ,
Дуе тIагIат гьабизе рарал гьал мажгитазухъ,
Дунял гьабизе къуват ва рес нижей щвеялъухъ,
Нижер чорхой сабругун парахалъи кьеялъухъ.
ГIелму босизе ругел тIахьалгун мадрасазухъ,
Жанир рукIине рукъги санагIатги кьеялъухъ,
Ракълилаб, хIинкъи гьечIеб, парахатаб гIумрудухъ,
ТIолабго рецц цохIо Дуй, ТIадегIанав БетIергьан.

ШАМИЛ ИБРАГЬИМОВ, ШАМИЛ РАЙОН, ГЬЕНТIА РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...