Аслияб гьумералде

Гьадинаб заман буго

Гьадинаб заман буго

Гьадинаб заман буго
КIудиял гIунаниги
ГIиссинаб гIамал бугел,
Лебалалин жал чIарал
Руго гIемерлъун жакъа.
ГIумру щиб жо лъаларел,
ЛъикIго хIалцин бихьичIел,
ХIухьбахъизе чIаразда
ЧIорал речIчIулел руго.
ЧIаго хвараб халкъ буго,
Ханлъи хиралъун буго,
Хваразул занабахъе
Нух кIочаралги руго.
КIалдиб мацI бегIеразул
Замана бачIун буго,
Бокьухъе бицун толеб
Берцинаб хабар буго.
Хараби тIагIун руго,
ТIингъал рехун тун руго,
Росдал тарих лъалелги
Лъабгоцин хутIун гьечIо.
Гьадин хун дунял буго,
Бечелъун гIалам буго,
Баркат гьечIолъи щвелин
Щолеб ракIалде гьечIо.
Гьобо жеги бихьичIел,
Лъадаре жал къокъинчIел,
ХъахIал гурдалги ретIун
Нухмалъуда тун руго.

ШАМИЛ КЪЕБЕДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...