Аслияб гьумералде

Сагlид афандиясде

Сагlид афандиясде

Сагlид афандиясде
Устар чlванин абун чlегlераб хабар
Чlораллъун речlчlана иман бугезда.
Шайих шагьидлъанин абураб хабар
Рагlана тlолабго Дагъистаналда.
Устарзабазулги устар вукlанин,
Дуде квер борхизе кинандай кlвараб?
Дагъистаналъулго эмен вукlанин,
Лъихъа бажарараб дуеги къор гъун.
Алжаналъул агьлу, баркаталъул хан,
Баракат гьанибго тун арав ватаги.
Дунял-гlаламалда гlелмуги малъун
Мун гьедин хвелилан хиял букlанищ?
Рекlей асар гьабун ислам бокьулел,
Дур вагlза-насихlат лъида кlоченеб?
Балагьарал бераз магlу кколареб,
Дур гьайбатаб сипат инищ цебеса!
Бидул гlорал руго гlалимзабазул,
Магlил гlорал руго Дагъистаналда.
Гlодулеб, угьдулеб буго дир улка,
Тушман ватулареб гьаб питна-хlуралъ.
Шукру Аллагьасе, Алхlамдулиллагь,
Къадар Халикъасул гьедин батидал.
Алжан насиб гьабе, я Расулуллагь,
Шагьидаллъун хварал гlалимзабазе.
Баракат, шафагlат Сагlид-афанди,
Рехун тоге, устар, дур муридзаби.
Абадияб рокъове мун ананиги
Мун хвел гьечIев вуго, хирияв шайих.

ГIИСА МУХIАММАДОВ, ТIИДИБ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...