Аслияб гьумералде

Къимат гьабизин

Къимат гьабизин

Къимат гьабизин

РачIая, муъминзаби, рагIул къимат гьабизин,

КъватIул харбазде руссун, хиянат гьабиларин.

Гьаниб гIанкI, доба церан, гIадада къоял тIамун,

ТIадаб фарз тIубачIого, тIеренаб нух кквеларин.

 

ТIад лъураб как бачIого, чIандаяб хабар бицун,

Хиянат гьабиларин БетIергьан Аллагьасе.

БоцIи-панзалъул бицун гаргадулезда рекъон,

Къокъине риччаларин рикIкIун дуй кьурал къоял.

 

ТIагьаясе хIел-хIедун, ХIабибги кIодо гьавун,

Нилъеца тIобитIизин тIад вугес лъураб налъи.

Авараг ﷺ гIагар гьавун, гIибадат камил гьабун,

Дунялалъул лъабго къо лъикIлъиялда тIамизин.

 

Телефоналде вуссун, ватсапалда хъирщадун,

Хъулухъ гуреб ишалде ишара босиларин.

БитIараб-тIекъаб гьабун, тIекъаб-битIараб гьабун,

ГьетIараб рагIадалда хадув векериларин.

 

Камилаб сурукъ бихьун, сурукъаб берцин хьихьун,

Рихараб гIамалалда гIумру тIобитIиларин.

ТIулил вац рикIкIад гьавун, рекIкIав гIагарлъизавун,

ТIун лъуни дуца кваркьи, цинги регъоларебин.

 

Воре, диналъул вацал, аниб толеб дуниял,

Ахираталъул рокъоб рагье дуе каваби.

Кириги гIатIид гьабе, гIамалги рекъезабе,

Къиямасеб къоялда батулебин даража.

 

МухIаммад ХIасанов, КIуяда росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...