Аслияб гьумералде

Имамзабазул наиб

Имамзабазул наиб
ГъазимухIаммадие жаваб гьабурав,
ХIамзатил заманалъ яхI цIакъ бахъарав.
Шамил имамасул байрахъалда гъоркь
АнцIго сон наиблъун, Анкьракь цIунарав.
Шамил имамасе нухлъун букIине,
Жигьадалде арав, шагьид лъугьарав.
ЦIоралъул рахъалда тушбаби гъурун,
Хъала бахъулаго жив чIварав наиб. 
Батирилазул ГIумар, МухIаммадил вас,
Барка, дуда рохел, битIараб нух кквей.
Наиблъи гьабизе нахъа рукIарал,
Нужедаги барка, анкьракьалъулал. 
Гьелдаса нахъеги руго муридал,
Жидер шайихасул ишара гIолел.
Бергьана, бергьуна, бергьине руго,
ХIакъикъиял лагъзал бергьуна кирго.
Сайфуллаагь-къадигун ХIасан-афанди,
Большевик-меньшевик цере риччачIел.
СагIид-афандигун СайидмухIаммад,
Вагьабиюназул мугъал рекарал. 
АхIмад-афандигун ниж-бусурбаби,
Дунял бихханиги дин мисаллъарал...

КЪУРАМУХIАММАДИЛ ВАС МУХIАММАД, БАБАЮРТ РАЙОН, ЖУМРУТ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...