Аслияб гьумералде

ЦIуне кибго камиллъи

ЦIуне кибго камиллъи
Хвел нахъе чIвалеб дару батичIо,
Ахираталъул рокъоре къачIади гуреб.
Дунялалда рукIаго тIагIат гьабизе,
РакI тIамизабеги щивав чиясул.
Дунялалъул рокъоб икъбал кьунщинас,
Алжан щвайин гьардей битIараб жойищ?
ТIад лъурал хIукъукъал тIурачIев инсан,
Аллагьасда цеве вахъун кин чIелев?
Бечелъи кьогеги инсан кIочараб,
Гьеб цIадахъ босарав чиги рагIичIин.
Къоги бачIунгеги Аллагь кIочараб,
Къосиналда гьелъул хIинкъи букIунин.
Аллагьасда цере рацIцIад рукIине
МацIалъ гурищ нилъей квалквал гьабулеб.
Халваталдаги чIун гьабеха тIагIат,
ТIеренлъулин нилъер рицатал ракIал.
Аллагьас рижарал Адамил лъимал,
Щай нилъ къацандулел боцIи сабаблъун.
Къадар ккараб къоялъ тIаса лъугьине
Щай гIадамал толел чIаго рукIаго.
Бокьуге дуниял, кIочонге Аллагь,
КIвараб тIагIат гьабе чIаго рукIаго,
ХIакълъун лъалеб буго хвезе ругеблъи,
Хвалде щукру гьаби - тIадаб щивасда.
Аллагьасда гурев инсан лъаларо,
Амма рокьукъав чи лъидаго лъала.
Нахъасан гаргалев, бугьтанал лъолев,
Халикъасда аскIов какарав вуго. 
Аллагьас даран хIалал гьабуна,
ХIарамаб жо гьоркьоб хъвазе течIони.
ТIаде щвараб ризкъи хIарам гьабуна,
ХIарамабги гьабун босун батани.
Аллагьасде божун гIумру тIамурав
ВитIун ккарав чилъун кивго рикIкIуна.
Чорхол напсги квегъун хьвадарав инсан,
КIодолъун вукIуна халкъалда гьоркьов.
Аллагьасе гIоло ралел каказулъ
ЦIунизе ккеларищ кибго камиллъи?
Рихьдае гьабулеб тIагIат бугони
ТIадегIанас къимат лъикIаб кьеладай?
Гьабе Аллагьасе кIвараб гIибадат,
ГIадада риччаге гIумрудул къоял.
Хабалъ вукъун хадуб кIал гьикъиялъе,
ХIарамаб магIишат данде гьабуге.

Низамудин Гъазиев, ЦIолода росу, ГIахьвахъ район,

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...