Аслияб гьумералде

Дунялги гIумруги

Дунялги гIумруги

Дунялги гIумруги

Дунялалъул гIатIилъи,

ГIумруялъул берцинлъи,

ГIадамасе кьун бугеб

Борхалъигун лъай-гIакълу.

 

ГьитIин рукIарал лъимал,

Лъадарун кIудал гIола,

Лъайгун къуват борцунеб,

БачIуна гIолохъанлъи.

 

ГIакълугин лъай камилаб,

КIодолъи-херлъи щола.

Хвалил хабар гIагарлъи,

ГIинда жаниб багъула.

 

ГIакълу камилаб гIужалъ

ГIадамал хисардула.

ЛъикIаб-квешаб гIемераб,

ГIумруялде журала.

 

Хвел цебе букIин лъалез

Лъай динияб босула.

Дунял цадахъ гьабулез,

Гьеб гуребги цIалула.

 

Аллагь вокьулеб гIелму,

ГIумрудул битIараб нух,

ГIакъилал гIалимзабаз

ГIелахъе кьун бачIараб.

 

МагIишат хиралъани

Халкъ цIадабе кIанцIула.

ГIорцIи гьечIеб буголъи,

Балагьалъе батула.

 

ГIатIидаб гьаб дуниял,

Дуе берцинлъун кьураб,

Аллагь рехсей гIемераб,

ГIумруялда регIилин.

 

Сулайман МухIамаднуров,

ЦIиликь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...