Аслияб гьумералде

Я, Аллагьасул Сайид

Я, Аллагьасул Сайид

Я, Аллагьасул Расул,

Салам лъеяв МухIаммад,

Умматалъе хирияв

Халикъасул амбияъ.

 Дур умматлъун ратиги

 ТалихI бугин нижее,

 Тавпикъ кьун, рохизаре,

 Хиралъун ислам гьабун.

 Я, Аллагьасул Расул,

 Салам лъеяв мун - ХIабиб,

 Сабаблъун нижей кьурав,

 РацIцIалъи тIокIав тIалиб,

 ТIолго рецц дуй, БетIергьан,

 «БахIрул нубават» кьурав,

 Жагьилал рукIаниги,

 РакIал нижер рохизе.

 Я, Аллагьасул Сайид,

«СахIихIав» нижер Наби,

 Ният бацIцIад гьабизе

 Гьабе кумек нижее.

 Какгин кIал гьуин гьабун,

 Гъафлаталде риччаге,

 Гъаримал муъминзаби

 Мунагьалдаса гьукъе.

 Я, Аллагьасул Сайид,

 Ссунареб динул чирахъ,

 ТIарикъаталъул нухда –

Нуха регIе дуца ниж.

 РахIимакаллагь Расул,

 Руссун ругин ниж дуде,

 Дуца квербакъиялде

 Кидаго божи бугел.

Я, Аллагьасул Илчи,

 Умматалъул «МархIаба»,

 МахIрум гьарун тоге ниж

 Бичасул цIобалдаса.

 ЦIар берцинав МухIаммад,

 ХIакъав Бичасул Расул,

 Раче дуца рагIдукье

 ГIарас-майданалда ниж.

Я, Аллагьасул Расул,

Расулазул кIудияв,

РабигIул авалалда –

Аллагьасул баракат.

 Адамидаса араб

 ГIисаде гIунтIизегIан –

 Халикъас хира гьавун,

 Халкъалъе кьурав икъбал.

Я, Аллагьасул Сайид,

 Сахаватав МухIаммад,

 Нур тIоцебе бижарав,

Вижи ахирав Расул.

 Салатгин салам дуде

 Дур бицун хIалкIоларел,

 ХIинкъарал лагъзадерил,

 Дуде хьулгун ахIдолел.

 Я, Аллагьасул Расул,

 Зоб-ракь жиндий бижарав,

 Вижарасе мукIурав,

 РакIбацIцIадав авараг.

 Аллагь цо вукIин ракIчIун,

 Авараг ритIухъ гьавун,

 Гьабулеб нижер гьари –

 Гьабе Бичасде щвезе.

 Я, Аллагьасул Сайид,

 Суннат бацIцIадав ХIабиб,

 РухI бахъулеб къояца

 Къаданив чIа нижеда.

 Аллагьасе диналъе

 Дагьал ниж загIиплъунан,

 Зияраталъ рачIарал

 Ниж дуца рехун тоге!

 Я, Бичасул Авараг,

АсхIабзабазул «Аман»,

Аят рикIкIун Къуръангун

Баркат щваяв, мун ШапигI,

 ШапагIаталъ росизе

 Рес балагье нижее,

 Расуласул агьлуян

 Аллагьас рижун ругин.

 Я, Аллагьасул Расул,

 Аллагьасе хирияв,

 Хвалил кьогIлъи бигьаяб

 Гьабе дуца дур уммат.

 Алжаналъул кавабахъ

 Квалквал букIунгутIизе –

 КантIизаре дуца ниж

 Дунялалъул рокъорго.

 Я, Аллагьасул Расул,

 Русулазул кIудияв,

 ЖужахIалъул цIа хъвазе –

 ЦIуне дуца нижер черх.

 Куръан-хIадис хиралъун,

 Халикъасе мукIурлъун,

 РакIги мацIги бацIцIадаб

 Давла кьезе квербакъе.

 Я, Аллагьасул Сайид,

 Суннат берцинав инсан,

 Сабаблъун нижей кьурав

 КьучIаб исламалъул нур.

 Рикъзи-мал хIалалаб кьун,

 ХIарамлъи биччачIого,

 ЦIуне дуца дур уммат –

 Аллагь разияб нухда.

 Я, Бичасул Авараг,

 Къуръан рещтIарав ТIагьа,

 ТIабигIат-гIамал дуца

 Релълъинабе нижерги.

 Нажасаб илбисалъе

 Ургьибе нух къалехъин,

 Кье нижей дуца иман,

 Аллагь разияв, Сайид.

 Я, Аллагьасул Расул,

 Мисалалъе вижарав,

 Рижи бусурбан гьабун,

 Гьабе дуца дур уммат.

 Умматалъе ритIухъав,

 ТIагьаясул нухалда

 ТIоритIе, Аллагь, дуца,

 МухIаммадил махлукъат.

 Я, хIалимав БетIергьан,

 ХIалкIолев нижер Аллагь,

 ХIабибасул байрахъгун

 Рахъинаре дуца ниж.

 

 

ГIиса Шарапудинов, Гумбет район, Игьали росу

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...