Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.

 

Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ букIине. Напсалъе бокьана магIсият ва тIагIат гьаби тей. Напс ккола гIайиб бугеб махлукъат. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьелъул гIайибал баян ва загьир гьаруна Юсуф аварагасе.

Гьаваялъе бокьана шагьватал ва Аллагьасе ﷻ хидмат гьаби тей. Дунялалъ тIаса бищана жиндирго гIамал ахираталъул гIамалалдаса.

Гьаб ункъабго жо тедал, гьев Аллагь ﷻ лъаялде щола.

Иблисалъе жаваб кьурасдаса Аллагь ﷻ рикIкIалъула. Напсалъе жаваб кьурасул варагI билула. Гьаваялъе жаваб кьурасул гIакълу уна. Дунялалъе жаваб кьурасдаса ахиратги уна.

 

(«Зугьрату р-рияз»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...