Аслияб гьумералде

РабигIул аввалалъул хIурматалда

РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис.

Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул цӀех-рех гьабизе.

Гьинухъ тӀобитӀараб мавлидалъ данде гьаруна районалъул батӀи-батӀиял росабалъа вакилзаби. Росдал мажгиталъуб цIалана Къуръаналъул аятал, гьаруна дугӀаби, ахIана нашидал.

ВагӀзаби гьаруна ЦӀунтӀа районалъул имамзабазул советалъул председатель ГӀабдула ГӀумаровас, росдал имам МухӀамад ХӀайбулаевас, «Ас-салам» газеталъул вакил МухIаммад ХӀадисовас ва цогидазги.

Гьединалго тадбирал тӀоритӀизе руго районалъул киналго росабалъ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...