Суал-жаваб
Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ?
Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса ватIалъизе кIоларев, гьеб хIалтIизабун хадуб как базегIан цебе гьес кIал ххулизе ккола. Щайин абуни, гьел жалазда гъорлъ буго гIанкIуязул, варанабазул, макказул гIадаб рак, жиб нажаслъилъун рикIкIунеб.
Как балелъул гьел жал цадахъ ругони как рикIкIунаро, как бегьизе ккани шартI буго черх бакI ва ретIел нажаслъиялдаса бацIцIадаб букIин.
(«Мугънил мухIтаж»)
БатIи-батIиял пикраби рачIуна ботIролъе, гьез квалквалги гьабула гIибадат гьабизе. Гьедин ботIролъе рачIарал квешал пикраби сабаблъун мунагьалде кколищ?
Инсан вуго загIипав чи. ЗагIипав вукIиналдалъун гьесда кIоларо хIажат гьечIел пикраби нахъчIвазеги. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дир умматалъул гIадамазе Аллагьас ﷻ тIаса лъугьун тола гьезул ракIазулъе напсалъ рехулел пикраби, жидеца гьел кIалалъ яги лугбуз загьир гьаричIебгIан заманалда», - ин (Бухари, Муслим).
Абугьурайратица бицун буго аварагас ﷺ абунин: «Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Дир лагъас мунагьалде кколеб иш гьабизе къасд гьабидал, гьес гьабизегIан нужеца гьеб мунагьлъун хъваге. Гьабуни - бугеб хIалалда хъвай (цо мунагь абураб магIна). Дие ﷻ гIоло гьев гьеб гьабиялдаса нахъекъан чIани, цо лъикIаб гIамал гьабураблъун кириги хъвай. Лагъас лъикIаб гIамал гьабизе къасдги лъун гьабичIого тани, нужеца гьесие цо лъикIаб гIамал гьабурабгIанасеб кири хъвай. Къасд ккараб гьес гьабуни, анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан ва жеги цIикIкIун лъикIал гIамалал гьаруралгIан кири хъвай», - абун (Муслим, Бухари).
Киналго гьекъолеб жо лъабго хIухьел гьабунищ гьекъезе кколел яги гьеб гӀицӀго лъее бихьизабураб жойищ?
Лъим гьекъезе ккола дагь-дагьккун, лъабго гьитӀинаб хIухьладалъун, байбихьуда «Басмала» цӀалун, ахиралда алхIамдулиЛлагь абун. Щибаб хIухьладалъун лъел къадар цӀикӀкӀине гьабила. Гьелдаса хадуб лъабабилеб хIухьладалъун къеч тIубанго буссинабила.
КӀвар бугеб жолъун ккола, ракӀалда ругел бидурихьал тIеренал рукӀин, гьединлъидал, цо нухалъ гӀемер лъим гьекъеялда хӀинкъи буго.
Рахь гьекъезе лъикӀаб букӀуна кванил нигӀматалгӀадин, Аллагьасе реццги гьабун, байбихьуда ва ахиралда. Лъиналда релълъун, рахь гьекъей рикӀкӀуна хӀинкъи гьечӀеблъун ва черхалъе, рекӀее бигьаяблъун.
(«Фатавал Фикъгьия ал-Кубра», бутIа 4)
Зугьдалъул хиралъи щиб?
Дунял тарав Аллагьасе вокьула, гIадамазда кодоб бугеб тарав гIадамазе вокьула, зугьдалъ ракIалъеги черхалъеги рахIат кьола. Бищун зугьд цIикIкIарав чи ккола хобги хабалъ туриги ракIалда цIунулев, дунялалъул берцинлъи рехун тарав, паналъулеб дунялалдаса ахират тIаса бищарав, метерисеб къоялъ чIаго вукIине хьул гьечIев, жинца живго хваразулъ рикIкIунев, ай хвараб мехалъ гьабун батизе бокьарабщинаб гIамал чIаго вукIаго гьабулев чи.
Загьидзаби (дунялалъул берцинлъи рехун тарал) Алжаналъур жидее бокьа-бокьараб бакIалда рукIуна, дунял теялъ лъикIал гIадамал берцин гьарула, Аллагьасе гIоло берцинаб сабруги гьабун, дунялалъул берцинлъиялдаса вуссарав чи Аллагьас Фирдавус-алжаналъул жиндие бокьараб бакIалда чIезавула. Исламги босарав чара гьечIеб ризкъиги щварав, Аллагьас кьуралдасаги разияв чи - талихIавлъун ккола. Аллагьасдаса жив машгъул гьабулеб гIемераб боцIиялдаса, дагьаб, гIураб боцIиго лъикIаб буго.
(«Мавсуатул ХутIабаъ»)
Нусалъ чед яги гьан къотӀизе бегьулищ?
ШаргIалда рекъон чед яги гьан къотӀизе нус хӀалтӀизабизе гьукъун гьечӀо. Гьеб суалалда хурхарал хӀадисазул риваятал загӀипал руго.
Масала Байгьакъияс Умму Саламидасан бицунеб хӀадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца чед нусалъ къотӀуге, гIажамияз (гӀарабиял гурел чагӀаз) гьабулеб гӀадин», - ян.
Гьединго «ХӀашиятул жамал» абураб тӀехьалда хъван буго чед яги гьан къотӀизе нус хӀалтӀизабизе гьукъараб бугин Аварагас ﷺ гьукъараб гӀадин. Гьелъие баян гьабулеб буго, гьелде ругьунлъичIого вукIине, щайгурелъул, гьеб гIарабазул гIадат гьечIолъиялъ.
ТӀадехун рехсаралда рекъон, чед яги гьан къотӀизе нус хӀалтӀизабизе гьукъараб гьечӀо. Амма чед бекизе рекъараб буго, щайгурелъул, гьеб цIикIкIун бусурбабазул адабалде бачIараб букIиналъ.
(«ХIашиятул Жамал», бутIа 10)
Хварав чиясда хадуб чIегIераб ретIел ретIине хIарамаб бугилан абула. БитIараб бугищ?
Жиндир рос хвараб мехалъ чIужуялда тIалъулеб - ункъо моцIалъги анцIго къоялъги, цогидав чи хведал - лъабго къоялдаса цIикIкIун жиб бегьулареб гIамал ккола чIегIер бай. Нилъеца «чIегIер баян» абулеб рагIиялъул магIна ккола берцинлъиялъе хIалтIизарулел жал (месед, гIарац яги берцинлъиялъе белъараб ретIел букIа) хIалтIизарунгутIи.
ЧIужуялда, рос хвараб мехалда, ретIине тIалъулеб ва цогидазги лъабго къоялъ ретIине бегьулеб ретIел чIегIераб букIинги шартI гьечIо, бецIхъахIилаб яги бецIгIурччинаб (берцинлъиялъе жиб ретIунареб) букIинеги бегьула.
(«Мугънил МухIтаж»)
Укол гьабиялдалъун кIал биххулищ?
КIал биххизабулел жалаздасан ккола щиб-щибниги жо рагьараб нухдасан чорхолъ ругел гьодорлъабазул цониги гьодорлъиялде ин.
Амма рагьараб гуреб нухдасан чорхол гьодорлъиялде жанибе жо ани, кIал биххуларо, масала, черхалъул тIомол картIаздасан жанибе цIцIун нах ани, кIал биххуларо, тIомода рагьараб нух гьечIелъул. Гьединго беразда бахараб сурмаялъул тIагIам, махI беразда жанисан мукъулукъиде щваниги кIал биххуларо. Гьелдаго борцун, шприцалъ рукIкIен чIваялдалъун ччорбазулъе яги бидурихьазулъе дару биччаниги биххуларо кIал, гьеб рагьараб нух кколарелъул.
(«ХIашияту фатхIул гIалам»)
МахIрамияв гурев чиясул хабаде чIужугIадан ине бегьулищ?
ЧIужугIаданалъе гIалимзабазул, устарзабазул, вализабазул, гIагарал чагIазул хобазде зияраталъ ине суннатаб буго, амма хутIарал чагIазул хобазде ин карагьатаб буго. Росулъ хобал ругони, жалго ине бегьила, росу бахун къватIир ругони, махIрамияв цадахъ вукIине ккола.
(«ТухIфатул МухIтаж»)