Аслияб гьумералде

Роххизаруна дур шапакъаталъ

Роххизаруна дур шапакъаталъ

Роххизаруна дур шапакъаталъ

Гьашим, гьанже дица, цо мунги рехсон

ГьитIинабго кIалъай гьабун рекъела,

Бихьинаб дур гIамал гьаб гIаламалъе

Баян гьабиялъе нухал рагьила.

 

ГIураб дарслъун буго, гIолеб гIелалъе

Жакъа дур горбода бан бугеб медаль,

Гучаб мисал буго гьаб дунялалъе

Олимпиадаялъ щвараб бергьенлъи.

 

Сабругун гьабураб дур хIадурлъиялъ

ХIасил баянлъана гIураб росдае,

Чармил биун тIураб кьучIаб гIамалалъ

ЧIухIизе гьабуна гьавураб ТIелекь.

 

ГIемераб халатаб кечIги щибизе

МагIна баянлъизе бергьенлъи гIела,

ГIадада бицунеб хабарги щайзе

Харбий медаль гIела дуца босараб!

 

Доб Азербайжанги гьаб Дагъистанги

Роххизе гьаруна дур шапакъаталъ,

ГIарцул медалалда квелъ барав дуца

Меседил босилин щаклъиги гьечIо!

 

Шамил Къебедов, ТIелекь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...