Аслияб гьумералде

Хвасарлъиялде хьул бугеб

Хвасарлъиялде хьул бугеб

Аварагасул ﷺ шафагIат. Къиямасеб къоялъ гьеб ккола МухIаммадияб уммат хвасарлъиялъе бугеб аслияб кьучIлъун. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гIурхъи гьечIеб гурхIел-рахIмуялъул цIобги. Бусурбабаз кидаго хьул ва дугIа жинде гьабизе кколеб къиматаб жавгьарги.

 

ШафагIаталъул бищунго тIадегIанабги буго гьеб тIолабго инсанияталъего Аварагасдаса ﷺ щвезе букIин, хIатта жиндихъ цогидал аварагзабигицин ралагьун чIун рукIине бугеб. ШафагIат гьабизе Авараг ﷺ вахъинеги вуго, ГIарасат-майданалда данделъун хIехьезе кIолареб захIмалъиялда гIадамал рукIаго, хIисаб-суал гьабизегIаги байбихьи гьарун Аллагьасде ﷻ вуссине кIолев чи валагьулеб халкъ бугеб лахIзаталда.

Анас ибн Маликица бицараб кьучIаб хIадисалда рехсаралда рекъон, гIадамал цо аварагасдаса цогидав аварагасухъе рортанхъилел рукIине руго. Гьел рортула Адам аварагасухъе, хадур НухIихъе, Ибрагьим, Муса, ГIисахъе амма щивас инкар гьабула, жидерго мунагьал ракIалде щун, Аллагьасде ﷻ руссине гIураб даража гьечIинги абун. Цинги, ГIиса аварагас гIадамал ритIула МухIаммад аварагасухъе ва малъула: «Нуж а МухIаммадихъе, гьев вуго Аллагьас ﷻ жиндир цереселги хадуселги мунагьал чурарав», - абун. Халкъ бортула нилъер Аварагасухъе ﷺ ва гьес абула: «Гьаб буго дир тIадкъай», - абун. Цинги Аллагьасда ﷻ цеве суждаялда чIола. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесде илгьам гьабула цебе рагIичIел рецц-бакъалъул рагIабаздалъун ва ﷺ абула: «Я МухIаммад ﷺ, бетIер борхе. Дуца гьаре дуе жаваб щвела, шафагIатги гьабе, гьеб дур къабулги гьабила», - ян абун.

Гьеб лахIзатги буго ТIадегIанас ﷻ Къуръаналда Аварагасе ﷺ кьезе бугин бицен гьабураб «Макъамун МахIмуд».

 

Лъие щвезе бугеб шафагIат?

Аварагасул ﷺ шафагIат цохIо Къиямасеб къоялъ букIине бугеб ахIвал-хIал бигьа гьабиялда гуро гIицIлъараб бугеб. Гьелъул чанго даража буго ва щвезеги буго батIи-батIиял тайпабазул гIадамазде. Гьезул цо-цоял руго:

- Муъминзабазда гьоркьоса мунагьазде ккарал. ШафагIат гьабизе изну кьун хадуб, Авараг ﷺ чанго нухалъ тIадвуссун ине вуго БетIергьанасухъе ﷻ умматалъе бигьалъи гьабизе изну гьарун. Цо-цо хIадисазда бицухъе, тIоцебесеб нухалъго гIадин сужда гьабун Аварагас ﷺ жегиги лъабго-ункъо нухалъ гьаризе буго БетIергьанасда ﷻ ва щибаб нухалъ гьесие изнуги кьезе буго батIи-батIияб къадаралда жидер рекIелъ иманалъул хIал букIаразе шафагIат гьабизе. Ахирги Аварагас ﷺ гьаризе буго «Ла илагьа илла Ллагь» абурал чагIазеги шафагIат гьабизе изну кьеян. Гьелъиеги БетIергьанас ﷻ Аварагасе ﷺ изну кьола ва Аллагьасул Расулас ﷺ бищун загIипаб иман букIаразеги шафагIат гьабула.

- ЛъикIабги квешабги гIамал бащалъарал. Гьеб къоялъ цIадирабазда цере рукIине руго жидер квешалги лъикIалги гIамалал бащалъун ккараб къокъа гIадамазул. Гьезиеги, жужахIалде ккеялдаса цIунилъун лъугьине буго Аварагасул ﷺ шафагIат.

- ЧIаго жидеца тавхIидалъул калимаби абичIел. Гьелги рукIине руго Аварагасул ﷺ умумул, жал чIаго рукIаго Аллагьасул авараг диналдалъун жидехъе вачIинчIел ругониги, жал хъанчазе лагълъи гьабулеллъунги рукIинчIел. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Ниж гьечIо гIазаб гьабулеллъун жидехъе авараг витIизегIан (лъикIаб-квешаб малъун жидехъе авараг щвечIел гIадамазе гIазаб гьабуларо)», - абун (суратул «Исраъ», 15 аят). Гьаб тайпаялда гъорлъе ккола Аварагасул ﷺ имгIал Абу ТIалиб гIадалги, чIаго ругебгIан заманалъ жидеца Аварагасе ﷺ сундалъунго квербакъарал.

КьучIаб хIадисалда буго, чIаго вугеб мехалъ Аварагасда ﷺ дандчIарав тущманлъун вукIаниги, МухIаммад ﷺ гьавун вугин хабар лъайдал вохиялъ лагъ тархъан гьаюрав Абу Лагьабиецин итни къоялъ тамихI гьаби бигьа гьабизе бугин.

 

ШафагIат гьабизе буго…

Имам Гъазалияс хъвалеб буго Аллагьас ﷻ жиндир цIобалдалъун шафагIат гьабизе изну кьезе бугин цогидал аварагзабазе, асхIабзабазе, гIалимзабазе, вализабазе, жиндир агьлуялъе лъикIав такъва бугеб чиясе. ТIахьазда баян гьабураб кинниги, шафагIат гьабизе буго цо-цо гIамалазги – кIалалъ, цIалараб Къуръаналъ, лъикIаб тIабигIаталъ, Аварагасде ﷺ битIараб салаваталъ, садакъаялъ…

 

Амма…

Аварагасул ﷺ шафагIат буго хьулалдаги хIинкъиялдаги гьоркьоб бугеб жо. Гьелъ муъминчияс ракIалда чIезабизе ккола жиндаго тIадаб жавабчилъи. ШафагIат щвелин абураб жоялъ мекъи ккезе чIезе бегьуларо бусурбанчи. Нилъер аби буго гъветIалда гъоркьги вегун гIеч бортун бачIинегIан чIезе бегьуларин, сахаб гIеч бортизе ккани гIамал гьабизе кколин абураб. Жибго бортун бачIунеб гIеч букIуна хвараб. Гьелдаго релълъун, шафагIат щвезе ккани, букIине ккола гIамал ва Аварагас ﷺ бихьизабуралда рекъон гьабулеб хасият.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...