Аслияб гьумералде

Дир ВатӀан

Дир ВатӀан
Гьал рорхатал мугӀрулги
МагӀарул тӀабигӀатги,
ТӀагӀамал иццул лъиназ
Лъалъалел гӀодорлъаби.
ГӀорал, лъарал чвахулел
Чабхил кӀкӀаламухъалги,
Чарамул кьурабаца
КьучӀ лъурал лаблъалги.
Кьер-кьерал тӀугьдузулъе
ТӀерхьун унел мучӀдулги,
МугӀрул гӀодорлъабазда
ГӀатӀидал майданалги.
ГӀурччинал расалъаби,
Росаби лъурал бакълъал.
Бакъулабгун тӀогьолаб
ТӀадегӀанаб дир ВатӀан.
МугӀрузул ахалъаби
Ахазулъе тӀерхьараб,
ТӀогьал гӀазулаб улка,
ГӀагараб дир Дагъистан.
Дур берцинлъидул бицун
Цониги къарнуялда,
Къалмикьан шигӀру инчӀев
ШагӀирго вахъанадай?
Щивас батӀа-батӀаго
Берцинлъидул гьабураб,
Бицаде тӀаде жеги
Жубалеб дица щибдай?
Жаниб каранзулъ дирги
Кидагосеб беролеб,
Киса рагӀаби ратун
Рокьи загьир гьабилеб?
Гьал рорхатал мугӀрулги,
МагӀарул тӀабигӀатги,
ТӀокӀаб цоги бугебдай
БакӀ ракьалда жиб гӀадаб?

САГӀИД ОРДАШОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...