Аслияб гьумералде

Заназул росу

Заназул росу

Лъалхъе бусурбаби, нуж хабалазда,

Хивалал бечедго ругонаниги.

Гьанир рукъаразе къватIибе нух гьечIо,

Ракьда хьибилги цун регун чIей гуреб.

 

Гьанир нилъер херал умумул руго,

ГIумру жибго тарал гIолилал руго.

Лъимал бесдал тарал улбулги руго,

Щибго жо бичIчIичIел гIисинал руго.

 

Гьанир гIалимзаби – ралъадал гIадал,

Гьанир хIакимзаби – цIва борхат ккурал.

Гьанир ахIмакъзаби – гьанир залимал,

Киналго хIебтIулеб лахIтуялъул рукъ.

 

Квешлъи гьабурасе жазаялъул рукъ,

ЛъикIлъи гьабурасе алжаналъул рукъ.

Къваридав, пашманав лъазе кIолареб,

ГIазаб-гIакъубаде кумек щолареб.

 

Лъалхъе, бусурбаби, нуж хабалазда,

Хазиналъун ккоге дунялалъул рукъ.

Аллагьасул хIукму, Бичасул къадар,

Ахир нилъ руссунеб заназул росу.

 

 

ГIайшатбика ГIабдулкъадирова

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...