Аслияб гьумералде

ГьитIинабго насихIат

ГьитIинабго насихIат
Чан къо бугеб лъалареб
Лъавукъаб дунялалъув,
Лъидасаго лъикIавин
КIанцIон вукIунге, гьудул.
Гьудулзаби кIваричIин,
КIиябго квер гIун бугин,
Бечелъи, боцIи бугин
Бубудуге гIолилав.
ГIун бачIунеб гIелалъул
ГIадлу-низамго гьечIин,
ГIодоб къулун бетIергун
Барщун чIоге чIагояв.
ЧIичIидулел хIанчIазул,
ХIихIидулел чуязул,
Зодор ругел цIумазул,
ЦIодорав, ургъел гьабе.

ШАМИЛ КЪЕБЕДОВ, ТIЕЛЕКЬ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...