Аслияб гьумералде

ХIажизабазул моцI

ХIажизабазул моцI
ЛъагIалида нур балеб,
ГIумруялъ кIочонареб, 
МархIаба, хIажиязул, 
ХIасраталъул цIураб моцI. 
ИнчIезда бичIчIулареб, 
Аразда кIочонареб,
МашаАллагь, рекIел тIинда, 
Рукъ ккун букIунеб асар. 
Бичасул ахIиялде, 
АхIун жаваб гьабурал, 
ХIажизабаз бачунеб, 
Лабайкадал берцинлъи.
Аллагьас тIаса рищун, 
ХIеж-гIумра насиблъарал, 
ХIажизабазул къукъа, 
Къасдал тIубараб агьлу.
Равзаялда Расулгун ﷺ
ДандчIваялъ ракI хIеккарал.
 ХIажизаби, нуж гурищ, 
Гьаб ракьалда талихIал?
Саназ рекIелъ баккараб, 
Берцинаб, добе рокьи, 
ТIегьан тIад пихъ бижарал, 
Нуж гурищ, хIажизаби?
ХIабибасде ﷺ балаялъ, 
ГIищкъудул къуват щварал, 
Щун ТIагьахъе ругелъул, 
Гьеле нужее баркат.
Баракатаб, хирияб 
Ясрибалде рачIиндал, 
ЧIалгIараб дирги рекIел, 
Бице урхъараб салам.

Парихан Мажидова,Казбек район, Гуни росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...