Аслияб гьумералде

Ракь багъари

Ракь багъари
ГIодулел руго берал, 
Чвахулеб буго магIу, 
ГIагарал доб ракьалда 
Шапулел ругел гIадин.     
Къварилъиялъ ракI буго,  
КъватIиб кIанцIулеб гIадин, 
Къанабазукь къанщулел, 
Шагьидзаби церечIун.     
Ракь багъарун лъугьарал 
Рукъзал рукIарал гохIал, 
КъватI-къоно, нухал цолъун, 
ЦохIо кIудияб чIунтел.              
Ракьул гохIазда гъоркьан 
Зигари буго чIвалеб, 
Зобалахъ такрарлъулеб 
Кумек буго гьарулеб.         
Лъималазул рагIулеб
ГIоди буго гIодосан, 
ГIодоб чIабар гIиссинккун, 
Соролеб бугеб гIадин.              
Угьи буго ракьулъан, 
Ракь тIаса хъван квер кьеян, 
Рокьулел хьолбохъ ругин, 
Балагьизе кIоларин.         
Минутаз сагIтал хисун, 
Сордо-къоял къокъана, 
Къунеб доб иццул лъимлъун, 
ЛъугIулеб буго зигар.       
РагIуларо, тIагIана 
ГIодосан чIвалеб угьди, 
Гьадал зобал гIодулел 
ХIисаб буго сверухъе...         
Кумекалъе квер щвечIел, 
ЧIаго рукIараз гьанже, 
Божиги хьулги къотIун, 
Къанщун риччана берал.               
Эбел-лъимал, хъизанал, 
ХутIана даим ракьулъ, 
Ракьудехун ахирал, 
Хиялал, ургъел бикьун.              
Мунагь гьечIел гьитIичал, 
Алжаналъул канлъаби, 
Киналниги гьал хварал,
Шагьидаллъун ратаги.           
Ракьалде щвараб хIалалъ, 
КьватIел буго гIатIидаб, 
ТIутIун ун ругел гъатаз, 
Гъваридаб кIкIал бихьула.           
Аллагьасул хIалкIолъи, 
Нилъ кантIизе бихьараб,
Мунагьазул гьир бакIлъун, 
Ракьул гьаракь кIанцIана. 
Аллагь, Гъафуру РахIим, 
РахIму тIокIав БетIергьан, 
Балагь щвараб халкъалда 
ГурхIел гьабе, я ХIаким.          
Хваразе алжанги кьун, 
Дунял кIочон батаги, 
Нахъе хутIун ругезе, 
Берцинаб сабру кьеги. 

Парихан Мажидова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...