Аслияб гьумералде

Кири щолеб гIодовчIей

Кири щолеб гIодовчIей

Кири щолеб гIодовчIей

«ИгIтикаф» абураб гIараб рагIул магIна ккола цо жоялда тIадчIей гьаби абураб. ШаргIалда абуни гьеб ккола хасаб нияталдалъун, пуланав чияс хасаб бакIалда, хасаб чIей гьаби.

 

ИгIтикафалъул хиралъи бицун рачIарал гIемерал хIадисал руго. Гьездасан ккола Аварагас ﷺ бицараб хIадис: «Щив чи вугониги диналъул вацасул хIажат тIубазе ун, гьеб лъикIаб буго гьесие къого соналъ игIтикаф гьабиялдаса. Аллагьасул разилъиги тIалаб гьабун, цо къоялъ игIтикафалда чIарав чиясдаги жужахIалдаги гьоркьоб Аллагьас лъабго хандакъ гьабула».

Аварагас ﷺ абуна: «Рамазан моцIалъул анцIго къоялъ игIтикаф гьабурав чи кIиго хIежги кIиго гIумраги гьабурав чиясда релълъун вуго». ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Лайлатул къадриялъул сордоялъ иманги лъун, кириги тIалаб гьабун, игIтикаф гьабурав чиясул церехун арал мунагьал чурула», - абун (Дайлами).

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьас хвезавизегIан Авараг рамазан моцIалъул ахирисеб анцIго къоялъ игIтикафалда чIолев вукIана. Гьев хун хадуб гьесул лъудби чIолел рукIана», - ян (Бухари, Муслим).

ИгIтикафалъул хIукмаби ункъо руго:

  1. ТIадаб буго. Цо чияс гьеб назру гьабуни.
  2. Суннатаб буго. Суннатаблъун букIин игIтикафалъулъ аслу буго. Рамазан моцIалъул ахирисеб анцIго къоялъ цIакъго суннатаб буго.
  3. Карагьатаб буго. Гьеб ккола росасул изнуги букIун берцинаб чIужугIаданалъ игIтикаф гьаби питнаялдаса божилъиги букIун.
  4. ХIарамаб. Гьеб бикьула кIийиде: жиб буцIцIунеб ва буцIцIунареб. Жиб буцIцIунеб буго росасул изну букIаниги-букIинчIониги чIужугIаданалъ игIтикаф гьаби, питнаялда хIинкъиги букIун. Жиб буцIцIунареб буго жунубас ялъуни хIайиз бугей чIужугIаданалъ игIтикаф гьаби.

ИгIтикафалъул рукнаби ункъо руго: ният, чIей, мажгит, игIтикафалда чIолев чи.

ИгIтикафалъул шартIал анкьго руго:

  1. Ният гьаби. Аварагасул ﷺ рагIиялъе гIоло: «Киналниги гIамалал нияталда рарал руго», - ян абураб.
  2. ИгIтикаф гIицIго мажгиталда букIин буго. Как базе кьураб рукъалъулъ ялъуни къулгIаялъулъ гьеб буцIцIунаро.
  3. ЛахIзаталдаса цIикIкIараб заманалъ чIей. Мажгит къотIун унев чи цо лахIзаталъ лъалхъичIони, гьесул игIтикаф рикIкIунаро. Амма мажгиталда жанив свердулев чиясул рикIкIуна.
  4. ХIайиз-нифасалдаса, жунублъиялдаса рацIцIад рукIин.
  5. ГIакълуялда вукIин. ИгIтикаф гьабулев жундуз ккуни, гьесул игIтикаф хола.
  6. Бусурбанав вукIин. Капурчиясул игIтикаф рикIкIунаро.

ИгIтикафалъул суннатал жал гIемерал руго. Гьездасан ккола:

  1. Рузман балеб мажгиталда чIей.
  2. ТIубараб сордо-къоялъ чIей.
  3. КIал кквей.
  4. ДугIаги, зикруги, гIибадатги гIемер гьаби.
  5. ХIажат гьечIебги карагьатабги жо тей.
  6. Назру гьаби. ИгIтикаф гьабулесе фарзалъул кири щвезе букIине.

ИгIтикаф батIул гьарулел жал анлъго руго:

  1. Жиндирго кIарчанлъиялдалъун лъавудаса инги жундуз кквейги тIаде бачIин.
  2. Бокьун мехти.
  3. ХIайиз.
  4. Муртадлъи.
  5. Жунублъи - жинцаго тIаде бачIинабураб.
  6. Жиндирго ихтияралдалъун, бокьун, тIубараб черхалдалъун мажгиталдаса къватIиве ин, ине бегьулареблъиги лъан.

 

ИгIтикафалда хурхарал цо-цо масъалаби

Суал: Мажгиталдеги лъугьун цо чияс игIтикафалда чIезе ният гьабуни, хадув къватIивеги ани, гьев чияс цIидасан ният гьабизе кколищ?

Жаваб: Гьес нияталъулъ заман рехсон гьечIони, нахъвуссине къасдги гьечIого къватIивеги вахъани, хIажаталъе гьечIониги, гьес ният цIидасан гьабизе ккола. Амма нахъвуссине къасдгун вахъани, гьес цIигьабизе кколаро, щайгурелъул гьесул тIадвуссине бугеб къасд нияталъул бакIалда чIола.

Гьес заман рехсон батани, къо ялъуни моцI, тIатIалаго букIинги шартI гьабичIони, гьеб мехалъ гьев хIажат тIубаялъе вахъани, гьес ният цIидасан гьабизе кколаро, кигIан заман халалъаниги. Щайгурелъул гьеб чара гьечIого гьабизе кколеб жо буго.

Щибго хIажат гьечIого вахъани, тIадвуссине къасдги букIун, гьеб мехалъги ният цIидасан гьабизе кколаро. ТIадвуссине къасд гьечIони, ният цIидасан гьабизе ккола.

Суал: Цо чи мажгиталде лъугьани ва ният гьабизе кIочани, какилъ гьабизе бегьулищ гьес гьеб?

Жаваб: РакIалъ гьабизе бегьула, кIалалъ гьабуни, как батIуллъула.

 

МухIаммад Саламов, Буйнакск шагьар

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана. Финалалда гьел дандчIвана...


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...