Аслияб гьумералде

КIудияб бергьенлъи щвела

КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун рукIиналъ.

 

Ислам бачIиналде цебе заманалдацин гьеб моцI гьединал пишаби жиндилъ гьариялдаса нахъе къараблъун рикIкIунаан, ай гьеб букIана рагъал ва тунка-гIусиял гьаризе хIатта КагIбаялда сверухъ бакIалда чан гьабизецин гьукъараб ункъабго моцIалъул цояблъун. Гьел пишаби гьари гьукъараблъунги зулкъагIида моцIалдаса байбихьулеб букIина, хIеж гьабиялъе сапарал ва Маккаялде къватIиса гIадамал рачIин гьелъулъ байбихьулеб букIиналъ.

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьасда ﷻ аскIоб зоб-ракь бижидал Гьесул ﷻ тIехьалда хъварал моцIазул гIадад анцIила кIиго буго, гьездаса ункъояб буго жиделъ рагъ-кьал гьабизе хIарам гьабураб, гьебги буго щулияб дин, гьел моцIазулъ нужеца нужедаго зулму гьабуге», - абун (сурату «ат-Тавба» 36 аят). ГIалимзабаз тIахьазда баян гьабураб кинниги, гьеб аяталдасан бачIунеб буго гьел хIарамал моцIаз гьабураб мунагь цогидаб заманалъ гьабуралда дандеккун кIудияблъун рикIкIунеблъи, гьеб заманалда гьарурал лъикIал гIамалазул кириги цIикIкIинабулеблъи.

ЗулкъагIида моцIалъул руго гIемерал тIадегIанлъабиги. Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна (магIна): Рагъ хIарамаб моцIалъ мушриказ рагъ гьабуни нужецаги гьезда данде рагъ гьабе ва нужее гьабуралда релълъараб жазаъги гьабе. Аллагьасул ﷻ гIорхъаби хвезарураздаса къисасги босе...», - абун (суратул «Бакъарат» 194 аят). Тафсир гьабулел гIалимзабаз абуна гьаниб хасаб рехсей гьабураб моцI букIанин зулкъагIида. Щайин абуни, ГIикриса ибну ГIаббас ибну Анас Аз-ЗахIхIак Къатада гIадал чIахIияз абунин: «Гьаниб бицунеб буго, гьижрияб тарихалъул анлъабилеб соналъ, ХIудайбиялъул къотIи-къай гьабун хадуб, мажусияз Маккаялде лъугьине Аварагасе ﷺ ва асхIабзабазе квалквал гьабураб ва хадусеб соналъ гурони бусурбабазе хIеж гьабизе изну кьечIеб куцалъул.

Бусурбабазулги къурайшиязулги тунка-гIусиги ракълилаб къотIи-къай гьабиги ккана хирияб зулкъагIида моцIалъ. Гьединлъидал, Аллагьас ﷻ асхIабзабазул ракIазе рахIат хьезабуна цо хирияб моцIалда жидее камураб цогидаб моцIалда унго-унголъунги тIубазабизе бугин ва хIежалъул рукнабиги рукIине кколедухъ тIуразаризе ругин, гьединго, мушрикиназ гьабураб хиянаталъухъ гьезие бецIиги гьабизе бугин абун».

 

Щибха ккараб доб соналъул доб моцIалда?

ХIудайбиялъул рекъел гьаби абун гьабураб къотIи ккана зулкъагIида моцIалъул байбихьуда. Шаввал моцIалъул ахиралда МухIаммад аварагас ﷺ лъазабуна Маккаялде хIеж гьабизе ине ракIалда бугин абун, гьеб кколаан 628 соналъул марталъул байбихьи. ЗулкъагIидаялъул тIоцересел къоязде сапаралъе хIадурлъи гьаби лъугIана Аварагасул ﷺ ва Мадинаялдаса кIудияб караван къватIибе бахъана.

Бусурбаби рачIунел рукIинги лъан, Маккаялъул мушрикуназ хIукму гьабуна гьезие гIумра гьабизе течIого букIине ва Маккаялде нух къана. Би гIодобе тIунгутIизе гIоло Авараг ﷺ, цадахъ рукIаралгун, Маккаялдаса 24 километралъ рикIкIад бугеб ХIудайбия абулеб расалъиялда лъалхъана.

Гьеб бакIалда гьабун букIана ХIудайбиялъул къотIи-къайги.

Цо-цо бусурбаби байбихьуда дандечIун рукIана гьеб къотIи-къаялъул шартIазда, гьел нилъее дандеккарал гьечIинги абун. Амма Аварагасул ﷺ бищун гIагарав гьудул, Абубакар-асхIабас абуна: «Исламалъул тарихалда ХIудайбиялда ккаралдаса кIудияб бергьенлъи букIинчIо. Амма гIадамал беццлъун руго (унго-унгояб хIакъикъат лъаларо), гьезда бихьуларо МухIаммадидаги ﷺ гьесул БетIергьанасдаги гьоркьоб ккараб жо», - абун.

Абу ИсхIакъидасан бицун буго Ал-Бараица абунин: «Нужеца Макка бахъи бергьенлъилъун рикIкIунеб буго. Макка бахъиги бергьенлъилъун букIана, амма нижеца унго-унгояб кIудияб бергьенлъилъун рикIкIуна ХIудайбиялъул къоялъ гьабураб «БайгIату р-Ризван» (Разилъиялъул гьа бай)», - абун (Бухари).

ХIакъикъаталдаги, гьеб къотIи-къаялъул кIудияб магIна ккана доб заманалда гIарабазул чIинкIиллъиялда букIараб политикияб ахIвал-хIалалда жаниб. Гьеб хIасиллъун ккана бусурбабиги къурайшиязул жамгIияталда гьездаго ращадал гIахьалчагIи хIисабалда къабул гьариялъе. Жеги гьеб къотIи-къаялъ рес кьуна Маккаялда рукIарал бусурбабазеги рагьун жидерго дин гьабизе. Цоги, бусурбабаздаги мушрикуназдаги гьоркьор рукIарал тунка-гIусиялги лъугIана. Гьелъ рес кьуна гIадамазда исламияб диналъул цIикIкIун лъазе, гьелъул хIасилалда гIемерал гIарабазул къавмаз къабул гьабизе байбихьана ислам. ХIудайбиялда рагъ чIезабиялъул къотIи-къай гьабун хадуб кIиго соналда жаниб, исламалде гIадамал ахIизе байбихьаралдаса нахъе диналде рачIаразул гIададалдаса кIиго нухалъ цIикIун чияс исламги къабул гьабуна.

ЗулкъагIида гIадал хириял моцIазулъ цIикIкIун гIибадат гьабиялде ахIулел рукIана Аварагас ﷺ гIадамал. Хасаб кIвар гьабулаан гьел моцIаз кIал кквеялдеги. Абу Давудидасан бачIараб хIадисалда Аварагас ﷺ лъабго нухалъ такрар гьабун абулеб буго нужеца хириял моцIаз кIалал кквейин абун.

БетIергьанас ﷻ кумек гьабеги щивасе гьаб моцI хирияб гIамал гьабун, Гьев ﷻ разилъуледухъ тIобитIизе, хIежалде ине ракIалда бугезеги кумек гьабеги Аллагьас ﷻ гьеб сапаралъе хIадурлъи гьабизе ва къабулаб хIежги щун рукъалде руссине! Амин!

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...