Аслияб гьумералде

Гьабе цо сабаб

Гьабе цо сабаб

Гьабе цо сабаб
Гьаб дунялгун гIащикъ
ГIищкъул къвал базе, 
Чорхол хъантIи кинаб
ГIорхъиго гьечIеб?
Аллагь кIочон тарал
Лугбузул лахIзат,
Къаникье ун хадур 
Сурав кин кьелеб?
Лъуралъуб батулеб, 
Кьуралъуб щолеб,
Щвалде щун ахIкамал
ТIурай гьечIищ лъикI?
Куфруялде цIалел 
Чорок пикраби, 
Какил суждабазе
БакIлъун ккеларищ?
ШайтIабаз гуккулел
Пакъирзабаца
Росулел куц кепал 
Кодор щванани.
ХIарам-хIалалалъе 
Сангарго лъечIез,
Чан пасат гьарула
Щвани зуризе.
Уна къоял роржун,
БачIуна сагIат,
Соролел дол лугбаз 
Къо-лъикI гьабулеб.
ХIалкIолев БетIергьан,
Къудратав Аллагь,
Уммат цолъиялъе
Гьабе цо сабаб.

Шамсудин Расулов, ГIанчихъ росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...