Аслияб гьумералде

Цоги сон ана

Цоги сон ана

Гьале тIаса ана цогиги лъагIел,

Лъалеб гьечIо хадуб щиб ккелебали.

Рагъул, кьалул балагь тIасаги босун,

Баркатгун, рахIматгун бачIун батаги.

 

Рагъда ругел васал рокъоре рачIун,

Эбел-инсул ракIал парахалъаги.

РакIал рохун таги, рукъ роцIцIун таги,

Иман, ияхI бугел лъималги кьеги.

 

Гьаб ахираб заман, ахирал къоял,

Аллагь гурхIичIони щибдай гьабила?

Херал-бахIаралин батIалъи гьечIеб,

ГIумру бугин нилъей Аллагьас кьураб.

 

Холел-унел чагIи рихьананиги,

Дунго холеб гIадин дир ракIги гьечIо.

Херлъун йигеблъиги бихьулеб буго,

Амма кантIуларо дир гIадалаб ракI.

 

Араб гIумруялде дир дагIба гьечIо,

БацIцIадаб, хIалалаб магIишат кьуна.

Чорхой сахлъи кьуна, рукъ роцIцIун тана,

МагIишат берцинаб хъизам букIана.

 

Ахирзаманалъул гIиссинал тIанчIи,

Гьезде рокьи цIикIкIун гьарделей йиго.

ТIанчIазе дугIагун квербакъиялъе,

ГIажалалъе сабру кье, Аллагьилан.

 

Жапарат ХIадисова, Гьандихъ росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...