Аслияб гьумералде

Аллагьасул вали

Аллагьасул вали
МахIмуд-афанди, мун, беразул канлъи,
МахIмуд-афанди, мун, ракIазул рокьи.
Гьесул хIакъалъулъ дагьго лъалилан,
Цо-цоял рукIунин, гIенеккун рихье.
Шайихаз гьабула гьесде рабитIа,
Масала босани, ХIасан-афанди,
ШугIайб Багинуса, СагIид-афанди,
Гьезда нахърилълъараз, ислам къачIараз.
Щивасго бицуна гьесул хIакъалъулъ,
Гьесдехун рабитIа къойил гьабула.
Гьев мисаллъун ккурав лъийго гIеларищ?
Гьев мисаллъун ккурал дин ккурал гьечIищ?
Аллагьасул вали - МахIмуд-афанди,
Кумек нижееги, Аллагь рехсезе.
Аллагь, Дуй рокьулел, нижей рокьула,
Нижееги рокьи кьеян гьарула.

МУХIАММАД ГIАЛИЕВ, ЛЪАРАТIА РАЙОН

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...