Аслияб гьумералде

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе

Лъимерлъи тӀамураб авал бихьизе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

ЧӀорого хутӏарал рукъзал рихьизе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

Умумул къанщарал хобазде щвезе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

Нилъ гӀемер хьвадараб сухъмахъккун ине,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

ГӀи-боцӀи лъугӏарал мугӀрул рихьизе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

Дагьалъ гӀодов кӀусун пикру гьабизе,

ГӀоргӀан чвахун унеб гьаб гӀумруялъул.

Ахир кинабдаян хӀисаб гьабизе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

ЦӀорораб иццул лъим хӀалхьун гьекъезе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

Умумуз бецараб магъилъе щвезе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

Хваразул заназда цере кӀусизе,

Рилълъа, гьудулзаби, росулъе щвезе.

 

АхIмад Кебеков,

ДИУялъул мугIалим

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....